Миллияб ратIлил ва миллаталъул ургъалида

Бищун лъикIаб сурат жеги бахъизе буго Зургьаловас

 

Миллияб ратIлил
ва миллаталъул ургъалида
Бищун лъикIаб сурат жеги бахъизе
буго Зургьаловас

МахIачхъалаялъул Гьудуллъиялъул рокъоб бугеб Россиялъул халкъазул гьудуллъиялъул музеялда рагьана машгьурав фотограф, Россиялъул Журналистазул союзалъул член, ДРялъул культураялъул мустахIикъав хIалтIухъан ХIажимурад Зургьаловасул «Халкъалъул рухI» абун цIар лъураб суратазул выставка. ХI. Зургьаловас бицухъе, выставка тIобитIиялъул аслияб мурадги ккола миллияб культураялде ва умумузул гIадатазде жамгIияталъул кIварбуссинаби.
Гьудуллъиялъул рукъалъул директорасул заместитель Георгий Гьаруновасул рагIабазда рекъон, суратал рахъулаго, Зургьаловас жиндирго гьунарги махщелги буссинабун буго гIадамазде, гIадатазде ва Дагъистаналъул миллияб ратIлиде. ДРялъул Миллатазда гьоркьосеб министерствоялъул миллияб политикаялъул управлениялъул начальник МухIамад Даитбеговас бицана ХIажимурадида бихьулин гIадатиял чагIазда бихьулареб гIемераб жо. Гьесул хIалтIабазулъ кидаго букIунин Дагъистаналъул халкъазул унго-унгояб хаслъи.
Выставкаялда лъун буго ахираб къого соналда жаниб Зургьаловас бахъараб 64 сурат.
«Гьаб буго дир суратазул 16-абилеб выставка. Гьел тIоритIана Москваялдаги, Санкт-Петербургалдаги, Екатеринбургалдаги… хIатта Мексикаялдацин. Жакъа дун хIалтIулев вуго «Лъалареб Дагъистан» абулеб темаялда тIад. Амма дир жеги рес ккечIо бищун лъикIаб сурат бахъизе. Гьаб выставкаялда лъун ругел сураталги ккола «КIудияб чиллайдул нух» абулеб маршруталда ругел росабалъ рахъарал», — ан бицана ХI. Зургьаловас.
Ингушав Макломица хъвалеб буго: «Пакистанияз, гIарабаз, жу­гьутIаз, узбеказ, индусаз, индейцаз, шотландияз ва гIемерал цогидазги ретIуна жидерго миллияб ретIел. ЦохIо кавказалъулазда кIочон тун буго умумузул ратIлил къимат гьабизе», — ян. Суратазул кумекалдалъун гьеб «унтиялъул» хIакъалъулъ бицунеб буго выставкаялда ХIажимурад Зургьаловас. Миллатазул гIадатал берцин рихьулев ва миллияб ратIлил къимат гьабулев чи 25 апрелалде щвезегIан выставкаялда лъун ругел суратазухъ балагьизе вачIине бегьула.
Нури Нуриев