ТIабигIат – ихдалил кверщаликь

Оцбаялъул байрамалъ ракIал гIагар гьаруна

 

Умумуз абулаан магIарухъе их оцазул лълъурдуздаги бухьун бачIунилан. БачIуна гьеб жиндирго хасаб гогьлъигун, берцинлъигун. Жиндирго «гIамал» бихьизабичIогоги толаро гьелъ. Гьале исанаги ихдалил тIоцересел къоязго гIазуца хъахI гьаруна мугIрузул тIогьал.
ГIажаибаб асар гьабула ихалъ тIубараб тIабигIаталъего. Гьелъ сверухълъиялъего рачуна хасал бакъналги — цин гIенеккизарула мугIруздаса чвахун рачIунел иццазул сариназухъ, цинги хIанчIазул хIайранал бакъназухъ.
Хасалил макьидаса борчIараб ракьул махI, гIазул тIингъикьа бакъул чIоразе гьимулаго раккулел дерец тIугьдул, букIдулги рикь-рикьизарун къватIире рорчIарал тIугьдуз хъахIлъизабураб мегъ — сверухълъиго ихдалил сихIруялъул асирлъуде ккун буго.
Цо-цо мехалда хасалица хивал гьабулеб буго нахъбуссинеги. Ракьалде хIеренго хIулулел гIаздал хIулабаздалъун тIабигIат гуккизе къасд гьабулеб бугин ккола гьелъ. Амма гуккизе кIолел гьечIо ихдахъ гIашикъго рукIарал гIадамал. Оцал раялъул байрам тIобитIиялде тIаделъун руго чIахIиялги гIисиналги.

Араб гьатIан къоялъ ЦIумада районалъул Гьигьалъ росулъ тIобитIана Оцбаялъул байрам. Умумузулъанго бачIараб гьеб тадбир гьигьалъдерица тIобитIула щибаб санайил. Гьал ахирал соназдайин абуни, гьеб тIобитIизе байбихьана росдал школа лъугIарал классцояз. Исанасеб тадбир тIобитIана 1985 соналда школа лъугIараз.
Кидаго гIадин тадбир байбихьана росдал мажгиталда мавлид цIалиялдалъун, гьеб лъугIун хадуб, жамагIат ана тIоцебесеб рахъ базе росдал мадрасаялъул хурире. Гьениб дугIа-алхIамги цIалун, тIоцебесеб рахъ бана росдал имам ГIумархIажи ГIамирилаевас, ЦIумада районалъул бетIер АнвархIажи Вечедовас, гьигьалъдерил бегавул Рамадан ГъазимухIамадовас, росдал харабаз ва тIаде рачIарал гьалбадерица. Росдал годекIаниб жамагIаталъ зикруги бачун, тадбиралъул хадусеб иш нухда бачана райадминистрациялъул спорталъулгун гIолилазул ишазул ва туризмалъул рахъалъ отделалъул нухмалъулев ТIалхIат ГIабдулбасировас. БачIунеб соналъ Оцбай тIобитIизе, корохъ бежараб чадил гор босизе цере рахъана 1977 соналда школа лъугIарал классцоял.
Росуцоязда байрам баркун кIалъана бегавул Рамадан ГъазимухIамадов, «ЦIумада Цолъи» гIуцIиялъул нухмалъулев Шамхал-дибир ГIисаев, Даку Асадулаевасул фондалъул нухмалъулев АсхIабгIали ХIасанов. Баркиялъулал кIалъаял гьарулаго, гIарцулал сайгъатаздалъун кIодо гьаруна дагьаб цебе Хасавюрт шагьаралда тIобитIараб эркенаб гугариялъул рахъалъ Северияб Кавказалъул федералияб округалъул чемпионаталда бергьарал ва призераллъун рахъарал росуцоялги.
Байрамалъе хасаб берцинлъи кьуна балеб гIаздалъ цере рахъарал МахIачхъалаялдаса рачIарал палугьабазул къокъаялъ. Кидаго гIадин тIоритIана рекериялъул, гамачI рехиялъул, кIанцIиялъул ва квар цIаялъул къецал. Хадусеб къоялъин абуни, Агъвали росдал спортивияб школалъул залалда гIолилазда гьоркьоб тIобитIана эркенаб гугариялъул рахъалъ турнирги.