Лъорониб лъун кьегIер хинлъизабурав

 

Мусаласул АхIмад ракIалде щведал рачIарал пикраби

  «ГIи баркат бугеб боцIи буго, дир вас, алжаналъул боцIийилан абула гьезда. Гьанги гьезул, квасги гьезул, хIанги гьезул. ГIи рехун тоге дуца, мун гьелдаса пашманлъиларо». Муса МухIамадовасул машгьураб «Къисас» абураб романалда херав вехь Дарбишица Салимиде аманат гьабун абурал рагIаби гIемерал ракIалде щола гIумрудул нухда.

   Вехьасул гIумру дие кидаго балъголъилъун, гьелдаго цадахъ дун урхъулеб пишалъун букIана. Ракьалда гIумру байбихьарав, Адам аварагасул тIоцересел лъимал, Гьабилица вехьлъиялдаса, Къабилица хурухъанлъиялдаса байбихьана тIоцебе ракьалда яшав. Гьелдаса нахъе ракьалдаса тIагIинчIо гIиги, гьезул тIалаб-агъаз гьабулев вехьги. Ракьалда гIумру бугебгIан мехалъ чара гьечIого хIажатаб пишалъун букIана ва буго хур бекьиги тIощел бакIариги.

   Дирго инсул росулъа гIадатияв вехьги ракIалде щун рорчIарал пикраби руго гьел. Гьал къоязда 15 сон тIубала гьев хваралдаса. Мусаласул АхIмад! Дида гьев кидаго цеве вуго, гIадатияв, чIухIи гьечIев, гIумруги магIишатги берцинав гIияхъан. Гьесда цадахъ ракIалде бачIунеб буго дирго лъимерлъи, гIагараб росулъ гIадатияб хасалил къо, маркIачIул гIуж щолеб мехалъ цебе рехъенги къотIун къавутIе тIад вуссун вачIунев АхIмад. Гьесул аваданаб релъи жакъаги бугин ккола рагIулеб. РакIалда буго гьитIинав чиясе, дие, гьес сайгъат гьабураб беричаб кьегIер.

  Жиндирго гIумру гьес насиб гьабуна гIадатияб, амма бищунго къадруял хъулухъазул цоялъе.

   Жакъа нилъеда сверухъ бугеб ракIгъанцIизабулеб вахIшилъиги, сунцаниги чурун бахъинарилан кколеб чороклъиги, гьаб ахIи-хIурги гьечIеб замана кьуна гьесие Аллагьас. Нилъецаго ургъараб гIадаб, щибниги берцинлъиялъул нур гьечIеб дунялалда гIумру тIамизе щвечIо гьев инсанасе. Гьесул гIумру жакъа дунги цогидалги бахилаб, баракаталъ къвал бараб букIана. Гьайбатаб тIабигIаталъул берцинлъиялъ сверунги ккун, вехьасул тIилидеги вегун, рогьалилгун дандчIвайги гьа- бун, кьиндалил халатал, цIорорал сардал ворчIухъанлъиялда рогьун, хасало гьабураб кьегIер бурти- надукьеги бачун хинлъизабулаго ана гьесул гIумру. Щибаб къоялъ, жакъа нилъее щолареб, бацIцIадаб, гIансигIан цIорораб иццул лъим- ги гьекъезе щун, «химия гъорлъ буцичIеб», татуяб квенги кваназе щун ана гьесул сонал.

   АхIмадие кидаго хирияб букIана НикIикь нохъо. Гъагъадеридаги гьонодисездаги гьоркьоб гIорхъода бугеб бакI ккола гьеб. ГIазу-цIад байдал гIи жанибе къотIизе кIудияб нохъоги, рехъен кваназе гIураб кIудияб гIатIилъиги цебе бугеб бакI ккола гьеб. ГIемерисел сонал гьенир ана АхIмадил. Чанги вохарабги къваридабги къо гьениб тIамуна вехьас. ГIиязул гъадиялде ракIги гъезабун, вехьасул тIилиде ургъелги чучун. Кин доб кочIолъ букIараб: «Гьале мугIрул, гьале гIи, ГIищкъу бугес босе тIил!» — абун гурищ? Халкъиял кучIдузулъ чан ругел гьединал вехьасул хIакъалъулъ мухъал. Гьединго босе ХIажи Гъазимирзаевасул кечI:

Дун магIарда вуго, гIияда вуго,

 ГIишкъу ккаралдаса рикIкIада вуго.

 Къаси чодрол кIалтIа ворчIухъанги тун,

 Цо йокьулелъухъе щвезе къасд буго…

    МагIарул шагIирзабаз гIемерал кучIдул сайгъат гьаруна гьезул бахIарчияб хъулухъалда ракI бахиллъун. Советияб заманалда къадруялда цIунарал гIадамал рукIана гIухьби. Гьезул хIаракаталдалъун щолеб гьанги, хIанги, квасги, хазина букIаралъул халкъияб магIишаталъе. Жакъаги буго гьеб бергьун кIудияб хазина. Хасго Евросоюзалъ гъорлъе рачарал пачалихъаз санкциязул цIадги базабун, нилъер улкаялъулгун кьал ахIараб мехалъ, цIидасан кIудияб гъираялда бицине байбихьана гIияхъабазулги хурухъабазулги. Гьезул яшавалъ хьихьизе бугин инсаниятин абураб пикру буго жакъа кинавго чиясулги. ХIакъикъаталдаги гьедин бугелъул. Гьел гьеб инсаният хьихьун бажарулеб хъулухъалъе кьуна Гьонодаса Мусаласул АхIмадица жиндирго гIумру. «50 соналъ ккунин жиндица вехьасул тIил кодоб», — илан кIудияб къадруялда абулаан гьес. Гьеб 50 соналда жаниб чан чияседай щвараб баркат, гьес хьихьун гIезабураб кьагIрил?

   Гьесул вас, Хъвадарухъабазул союзалъул нухмалъулев, машгьурав шагIир МухIамад АхIмадовасул «Росулъа кагътал» абураб кочIолъ руго гьадинал рагIаби:

«МагIардаса эмен вуссунеб мехалъ

Цадахъ бачIунаан гьанал къулагIи.

КъотI-къотIун бикьизе, бикьун къотIизе

Мадугьалзабазе щвезабулаан», — абун.

   Гьединав, ракIги кверги сахаватав инсан вукIана АхIамад. Жакъа гьединал гIадамал къанагIат гурони хутIун гьечIо. Чанги лъикIал, иман бугел чагIи камуна гьал саназ дир росулъа. Гьез цадахъ босун араб гIадин гьаб ракьалдаса дагь-дагьккун лъугIулеб буго берцинлъиги, баракатги, рохелги, адаб-хIурматги. Кинабго лъикIабщинаб, иман бугебщинаб мукъсанлъулеб буго берда цебе. Гьебги рекIее гIечIого бицен кканщиналъуб гьелъул бицунел нилъги руго, ракIалдещвеязул щенон балеб цIадалъ ракIал хинлъизарун, ракIгъей гьабулел хутIун руго. Амма… ГIумру чIун гьечIо, гьеб цебехун унеб буго. Метерисеб къоялъухъ божигун гьелъ цо кинабалиго хинлъи, рекIее парахалъи кьелеб гIадин хьулгун балагьун чIола нилъ цIияб къоялъухъ. Амма щолебго гьечIо гьеб хинлъиги, рещтIунеб гьечIо рекIелъе парахалъиги.

   ЛъикIал гIадамаз, ракьалда тарал гьезул лъикIал ишаз берцин гьабулеб батила гIумру. Мусаласул АхIмадги гьев гIадал «батIияб дунялалдаса» гIадамалги, иманалда тIоритIун ратаги. Нилъее жакъа хутIун руго гIицIго гьезул хIакъалъулъ ракIалдещвеял. Гьезда жанибги гIураб хазина буго, гьел гьечIеб дунял дагьабниги гIатIид гьабизе.

Ашахан ЮСУПОВ