Рагъ байбихьана Львовалда вукIаго

 

 

  Бергьенлъиялъул Парадалда гIахьаллъана Гумбет районалъул Ингиши росулъа МухIамад Сайгидов.

    Анкьго класс лъугIарав МухIамад колхозалъул правлениялъ витIана хIисабчагIазул кур- сазда цIализе. Гьелги лъугIизарун росулъе тIадвуссарав гьев, 16 сон барав гIолохъанчи, тIамуна Гумбет районалъул Энгельсил цIаралда бугеб колхозалъул бухгалтерлъун. 1939 соналда ана БагIараб Армиялда хъулухъ гьабизе.

КIудияб ВатIанияб рагъ байбихьараб мехалда, М. Сайгидов вукIана Львов шагьаралда. 1941 соналъул 22 июналда шагьаралде бомбаби разе байбихьана. Кьвагьдохъабазул полкалда цадахъ МухIамадица кумек гьабуна хIинкъи гьечIеб бакIалде гIадамал гочинариялъе. Гьев гIахьаллъана Прибалтикаялда, Северияб Кавказалда, Белоруссиялда ва цогидал бакIазда ккарал рагъазулъ. Вагъана танказул ва минометчиказул бригадабаздаги гIарадачагIазул полкалдаги.

МухIамад Сайгидов вагъана Ставрополь, Саратов, Сталинград, Таганрог, Буденновск, Тамбов, Новочеркасск, Кенигсберг, Смоленск, Штеттин абурал шагьаралги Украина, Польша, Литва ва цогидал улкабиги фашистаздаса эркен гьариялъул рагъазулъ. КIудияб ВатIанияб рагъда гьев вукIана механик-водительлъунги танкалъул командирлъунги. Европаялъул гIемерал шагьарал эркен гьарулаго, гьев щвана Берлиналде.

КIудияб Бергьенлъиялъе гIо­ ло вагъулаго бихьизабураб ба­хIарчилъиялъухъ гьев мустахIикъ­ лъана «За отвагу», «За победу над Германией», «За оборону Киева», «За штурм Кенигсберга» абурал медалазеги, ВатIанияб рагъул, Ба­ гIараб ЦIваялъул, Реццалъул ва цо- гидал орденазеги.

    Рагъдаса хадусел соназда Му­ хIамад хIалтIана гIагараб колхо- залъул коммунистазул гIуцIиялъул секретарьлъунги, Ингиши росдал советалъул председательлъунги, колхозалъул председательлъунги. Хадубккун райкомалъ гьесда тIадкъана нухлул отделалъе нухмалъи гьабизеги, райкомалъул инструкторлъун хIалтIизеги. Гьес гьабуна коммуналияб магIишаталъул отделалъе нухмалъиги. «МелъелтIа – Дилим» шагьранух гьабиялъухъ гьев мустахIикълъана ДАССРалъул Верховный Советалъул ХIурматалъул грамотаялъе.

1980 соналда Сайгидовазул хъизан гочана Гъизилюрталде. Гьенивги хIалхьиялда чIечIо гьев – хIалтIана ЖКХялъул мастерлъун, вукIана Гражданияб оборонаялъул начальниклъунги.

1983 соналда запасалда вугев кIудияв лейтенант МухIамад Сайгидов ахIун вукIана Калининградалде (Кенигсберг) – гьеб шагьар эркен гьабиялъул гIахьалчи хIисабалда Бергьенлъиялъул Парадалда гIахьаллъизе.

  1945 соналъул Бергьенлъиялъул Парадалъул гIахьалчи МухIамад Сайгидов къадаралде щвана 2013 соналда.

 

mo-gumbet сайталдаса