КIиго къисмат, цо гьунар

 

  1979 соналъул 26 апрелалда бахъараб СССРалъул Рагъулал къуватазул генералияб штабалъул 314/2/061 директиваялъул кьучIалда гIуцIана ВатIаналъул рагъулаб тарихалде «Бусурбабазул батальон» абураб цIаралда БетIераб разведкаялъул управлениялъул хасаб кIваралъул 154-абилеб къокъа. 1981 соналъул 7 маялда тIоцебесеб мотострелковияб батальоналъул часталъул Рагъулаб Байрахъ кьураб къокъаялъ, 29-30 октябралъул сардил гIужалда, Термез шагьаралда гIагарлъухъ Афгъанистаналъул пачалихъияб гIорхъи бахана. Рехсараб къокъаялъул рагъулал гьунаразулъ жидерго цIар хъваразда гьоркьов вукIана Казбек районалъул Ленинаулалдаса ГIусман МухIамадовги.

   Росдал школа лъугIидал, «Гьудуллъи» колхозалда хIалтIана. Бокьун букIана, захIматалъул хIалбихьиги щун, Советияб Армиялда хъулухъ гьабизе.

  Гьел соназда улкаялъул югалъулал гIорхъабазда, Апрелалъулаб революция бергьараб Афгъанистаналда хIалуцин цIикIкIунеб букIана. Гьезул хIукуматалъул гьариялда рекъон, афгъаназул эркенлъи ва чияда бачIолъи цIуниялъе букIана Советиял аскаразул гIорхъичIвараб къокъаги.

БачIана гьениса тIоцебесеб чIегIераб хабар ГIусманил росулъеги. Жиндирго мадугьал, лъимерлъиялдасан цадахъ гIурав, цадахъ цIаларав гьудул вукъулеб къоялъ рекIелъе бачIана гьесул «РецIел босизе ккола!» абураб пикру. Гьебго заманалда жиндирго рагъулаб хъулухъ байбихьулеб букIана Свердловск областалъул Нижнесергинский районалъул Уфа-Шигири росулъ гьавурав, хадув хъизангун Михайловский шагьаралде гочарав гIолилав Нафиков ХIамидица. 1978 соналда Свердловск шагьаралда Суворовасул училищеги лъугIизабун, вачIана Рязаналъул гьаваялъулгун десантазул командованиялъул училищеялде.

1982 сон. ЦIалиги лъугIизабун лейтенантасул чин щварал курсантал рагъулаб хъулухъалъе ритIарал бакIазде ине хIадурлъулел рукIана.

— ХIамид, лъалищ киве мун витIулев вугевали?

— Лъала. Дида гьеб балъго командирас абуна. Туркестаналъул рагъулаб округалде! Чирчикалде!

— ВахI! Гьеб битIахъего Афгъанистаналде унеб нух ккола гурищ!?

    Чанго соналдасан Михайловск шагьаралдаса Ленинаулалде МутIачовазул цIаралда бачIараб кагътида хъвалеб букIана: «Нижеда тIаса лъугьа нужер ракIазулъ лъураб сахлъулареб ругъун цIи гьабулеб букIиналдаса. ХъвачIого чIезеги кIолеб гьечIо. Рагъулаб часталдасан нижеда лъазабухъе, нилъер васал тIоцебесеб къоялдаса байбихьун Афгъанистаналда цадахъ хъулухъ гьабулел рукIун руго. Нужер васас, ГIусманица, ракIбацIцIадав инсанас ва гьудуллъиялъе ритIухъав рагъухъанас ахирисеб хIухьел къотIизегIан жиндирго командир цIунун вуго. Гьел гIицIго хвалица цоцадаса ратIа гьарун руго. Дунги ХIамидил яц Фазиля», — ян.

   Гьедин ккана тIоцебесеб лъай-хъвай. 1000-ялдаса цIикIкIараб километралъул манзилалъ цоцадаса рикIкIад гIумру гьабулел магIарулал МутIачовазул ва татарал Нафиковазул.

   РакIалда буго 1986 соналъул хасалихълъиялъул къо: Ленинаулалде Михайловск шагьаралдаса рачIун рукIана Мугаб Мубаракович ва Мунира Абубакировна Нафиковал. Бищунго гIагарал гIадамал хIисабалда къабул гьаруна гьел МутIачовазул хъизаналъ гуребги, Ленинаул росдал жамагIаталъго.

      ГIусманил гIумруялъул ахирисел лахIзаталги МутIачовазе, гьалбаз цадахъ босун бачIараб кIиявго гIолилав къурбанлъун ккараб рагъул бицунеб «Шуравиязул къиса» абун цIар тараб, гьитIинабго макъала бахъараб Свердловск областалъул гIолилазул газеталъул номералдасан загьирлъана.

Чанго соналдаса Свердловск шагьаралъул рехсараб газеталъул редакциялде щвезе ва макъалаялъул автор Л. Печуркинагун дандчIвазе диеги рес щвана. Лъай-хъвай гьабуна гьелъ ракIарарал документазулгун, макъалаялда рихьизаричIого хутIарал цо-цо хIужабазулгун.

1983 соналъул октябрь моцIалда лейтенант ХIамид Нафиков витIана Афгъанистаналъул бакъбаккуда Пакистаналъул гIорхъода бугеб Нангархар провинциялде хъулухъ гьабизе. Гьебго моцIалъ гьениве вачIана ГIусман МухIамадовги. Гьез хъулухъ гьабулеб букIана Жалалабад шагьаралда гIагарлъухъ чIараб 154-абилеб Хасаб кIваралъул къокъаялъул тIоцебесеб батальоналъул кIиабилеб разведчиказул ротаялда

   Къокъаялъ рагъулаб тарихалда тараб лъалкIалъул бицуна кIвар бугел рагъулал операциязда гIахьаллъи гьабиялъги. Гьединаздасан рукIана «Шторм 333» операцияги, ЖарКудукалда, Дарзабалда, Мармолалъул жаниблъиялда душманазул базаби росиги, Санчарак эркен гьабиги, Кули-Ишаналда душманазул кIиго кIудияб къокъа щущахъ биххизабиги, Нангархаралда ва цогидал бакIазда ккарал кIвар бугел рагъулал тадбиралги.

   ГIаммаб хIисабалда интернационалияб налъи тIубазабулеб заманалда, СССРалъул яргъилал къуватазул генералияб штабалъул разведкаялъул бетIераб управлениялъул баяназда рекъон, хасаб кIваралъул къокъаялъ тIагIинавун вуго 17000 душман, 990 караван, 332 рагъулаб склад, асир гьавун вуго 825 чи. Гьелго соназда къокъаялъе камун вуго 186 рагъухъан.

Лейтенант Нафиков ва отделениялъул командир, гьитIинав сержант МухIамадов къокъидго гьудулзабилъун лъугьана. Цадахъ хъулухъ гьабураб 9 моцIида жаниб гIахьаллъарал рагъулал операциязда хIалбихьараб гьезул гьудуллъи вацлъиялдеги сверана.

  154-абилеб хасаб кIваралъул къокъаялъул командованиялъухъе баянал щвана Жалалабадалдаса рикIкIад гьечIеб Гирдаб кишлакалда сордо бан чIарал душманазул кIудияб къокъаялъ хадусеб къоялъ, ай 1984 соналъул 15 августалда Гирдаб магIардасахун нух бахъун, чIараб бакI хисизе бугилан.

   Лейтенант ХIамид Нафиковасул, сержант Сергей Глушкол ва гьитIинав сержант ГIусман МухIамадовасул бетIерлъиялда разведчиказул 11 чиясдаса гIуцIараб къокъа, сардил бецIлъиялдаса пайдаги босун, аслияб къуват тIаде щвезегIан гьезие нух къазе буюрухъгун, тIадкъай тIубазе бахъана. Къокъаялъе бетIерлъи гьабулев Нафиковас щивав рагъухъанасда гъоркьчIелалъе бакI бихьизабуна, щивасда жиндирго масъала бичIчIизабуна. Отделениялъул командир МухIамадовасдаги гIолохъанал рагъухъабазда хадуб халкквеялда вукIайилан лъазабун, живго бищунго хIинкъи бугеб бакIалда гъоркьчIел ккун чIана.

Радакьелдехун кишлакалъул рахъалдасан рагъа-рачари лъугьана ва кватIичIого Маркохалде бачIунеб нухдасан битIахъего разведчикал ругеб рахъалде гIагарлъулеб бихьана душманазул къокъа. Гьезул вукIана гIага-шагарго 200-гIанасев чи. Рациялдасан батальоналъул штабалда ахIвал-хIалги лъазабун, разведчикал ращалъи гьечIеб рагъулъе журана.

    Цоцада хадуб гъун чанго нухалъ хIаракат бахъана душманаз гьужумгун магIарде нух бахъизе, амма щибаб нухалда разведчиказухъа гьеб нахъ чIвазе бажарана. ТIоцеве гIумруялдаса ватIалъана къокъаялъул командир лейтенант Нафиков. Кабул гIоралъул доб цояб рахъалда, разведчиказ щулалъи ккуралда дандбитIараб магIарда бугеб нохъода щулалъизе рес ккарал душманазе гьев чIараб рахъалдехун кьвагьизе санагIалъи букIана.

   Душманаз хIаракат бахъулеб букIана офицерасул жаназа нахъе босизе. Амма жиндирго командир, вацлъи рагIизабурав рагъулав гьудул гьез инжит гьавизе виччазе ГIусманил ракIалъе къабуллъулеб букIинчIо. Амма кьурул ганчIазда нахъехун вахчунги хъурщун унги командирасде гIагарлъизе хIаракат бахъулев гьев душманазул гуллица нахъе къазе тIамулев вукIана. Ахирги, жиндаса душманал нужедехунго руссинареян рагъухъабаздеги ахIун, командирасул жаназаялде аскIове векерарав гьев жеги захIматаб хIалалде ккана. Бигьаго букIинчIо лъукъараб, бидулъ бецIцIулеб гъежгун, цIад гIадин балеб гуллида гъоркьан эхедераялдасан гьев жиндаго хадув цIазе ва цадахъго цояб квералъ душманазде кьвагьизе. Гьедин вукIаго щвана гьесда хвалилаб гуллаги.

   ТIадегIан ругел щулалъабаздасан кьвагьдон, къокъаялъул нахъе хутIарал рагъухъабазухъа бажарана душманал ХIамидовасул ва МухIамадовасул жаназабазде гIагарлъизе риччангутIизе. КватIичIого разведчиказде тIаде гIунтIана кумек. Разведчиказул гьитIинаб къокъаялъ багьадурлъиялда тIубана командованиялъул тIадкъай, амма гьелъие гъоркьлъеллъун ккана кIиго гIолохъанаб гIумру. Хадуб баянлъана чанго сагIаталъ халат бахъараб рагъул хIасилалда рагъухъабазул гьитIинаб къокъаялъ 52 душман тIагIинавуравлъи.

 ВатIаналъ тIадегIанаб къимат кьуна рагъухъабазул гьунаралъе: лейтенант ХIамид Нафиков кIодо гьавуна Ленинил орденалдалъун (хун хадув), гьев вукъун вуго УфаШигири росулъ. ГьитIинав сержант ГIусман МухIамадов кIодо гьавуна Рагъулаб БагIараб байрахъалъул орденалда-лъун (хун хадув), вукъун вуго Ленинаул росулъ.

 Гьаб макъала хъвазе хIадурлъулелъул дун щвана ГIусманил хабаде. Гьенисан дихъ балагьун вукIана анцIила ичIилъ мармаралъул къанида жиндир сипат даимлъарав гIолохъанчи. Гьенир гIагардаго рукIана Афгъанистаналъул ракьалда гьесулго гIадинаб къисмат ккарал ГIусманил кьерилал-мадугьалзаби Низамодин Лабазановасул ва ГIалиасхIаб Асланхановасул хобалги.

  Цо лахIзаталда дир пикру жидедехунго цIана хобалда цере рихьулел гIисинккун балеб февралалъул гIазул гъаталъ жеги рахчизаричIел лъалкIазде. Гьеб букIана хваразул багьадурлъиги гьунарги саназ чIагоязул ракIазулъа бахъулеб гьечIолъиялъул гIаламат. Гьедин бугебгIан заманалда чIагояллъун хутIула абадияб рокъоре аралги.

Избодин МУХIАМАДОВ, Россиялъул Журналистазул союзалъул член