«Колумбайнералги» террористалги

            

 

   Араб анкьалда Каспийскиялда тIобитIана терроризмалда данде къеркьеялъул хIакъалъулъ бицараб конференция. ДРялъул Информациялъулгун печаталъул министерствоялъул квербакъ- иялдалъун гIуцIараб гьелда гIахьаллъана республикаялъул СМИязул вакилзабиги терроралда дандечIеялъе хIалтIи гьабулел хасал хъулухъазул гIадамалги.

  Интернет цебетIураб заман бугелъул, гьанже экстремизмалъул идеябиги гьенисан тIиритIизарулел ругин бицана конференциялда. Азербайжан мацIалда биччалеб газеталъул вакилас экспертасда гьикъана, тIокIалъ чIечIого цого жоялъул бицунел ругони, чIалгIунеб гIадатги букIунила. Гьебго жо ккелародайила терроралъулгиян.

   Эксперт гьелда разилъана, амма тIубанго тIаде нуцIа къан тани, хIасил лъикIаб ккола- ринги абуна.

  «Молодёжь Дагестана» газеталъул бетIерав редактор Рамазан Ражабов разилъичIо гье- нир загьир гьарурал цо-цо пикрабазда. Масала, мигрантал гIемерлъанагIан экстремисталги гIемерлъулин абураб пикруялда. Гьаниб ракIалде щвезабизе бегьула къойилго гIадин Европаял- де жункIулеб Сириялдаса, Ливаналдаса халкъ. Амма доба гьелдалъун цIикIкIараб террорги рагIичIо.

  Гьединго экстремисталлъунги террористаллъунги рахъунин язихъал, битIккечIел хъизамаздаса чагIиянги абуна гьениб. Амма нилъеда лъала гьезда гьоркьоре Олимпиялъул хIаязул чемпионалги, хIакимзабазул лъималги, хIатта цере закон цIуниялъул идарабазул хIалтIухъабилъун рукIарал чагIигицин ккараллъи.

Гьединго гьанже раккун руго «колумбайнералги». Гьел ккола школазда, вузазда чIвайхъвей бекьулел гIолилал. ТIоцебе гьединаб хIужа ккун буго СШАялъул Колорадоялда, «Колумбайн» абулеб школалда. Гьелдасан бачIун буго гьеб цIарги.

 

Къадалъ речIчIе смартфон

 

  Конференциялъул гIахьалчагIа­зе асар гьабуна, масала, Россиялъул политолог, терроризмалъул балъ­ гояб хIинкъи тIатинабулел къа­ гIидабазул рахъалъ эксперт Яна Амелинаца бицараб гьадинаб хабаралъ.

   «2017 соналда дида халлъана Россиялъул социалиял гьиназда гIемер бицунеблъи Америкаялъул «Колумбайн» абураб школалда гIемерал цIалдохъаби цадахъго чIваялъул хIакъалъулъ. Гьелдаса хадуб гIемерал конференциязда кIалъазе яхъана дун ва щибаб нухалда кIвар буссинабулаан гьелде, щайгурелъ- ул «Колумбайналда» ккараб нилъер улкаялъул цIалул идарабаздаги такрарлъизе бугеблъи бичIчIулеб букIун. Нилъер гIолилал гьусулел руго гIилла-багьана гьечIого гIадамал чIвазе, гьелъие куцалел руго гьел социалиял гьиназдасан. Амма дир ахIиялде кIвар кьечIо. Гьеб масъалаялде бербалагьи хисана 2018 соналъул 17 октябралда Керчалъул политехникияб колледжалъул студент Владислав Росляковас гIемерав чи чIван хадуб. Гьелдаса цебеккун щуго гьединабго лъугьа-бахъин ккана Россиялда, амма гIицIго Керчалъул лъугьа-бахъиналдаса хадуб гьелде кIвар буссинабуна низам цIунулел идарабаз», — ан бицана эксперталъ.

Я. Амелинал пикруялда рекъон, Америкаялдаги, Россиялдаги, цогидал улкабаздаги гIемерав чи цадахъго чIварал гIадамал лъугьунел руго жакъасел гIолилазе бахIарзаллъун ва гьез хIаракат гьабулеб буго бахIарзазда релълъараллъун жалго рукIиналъе. Гьединлъидал халкквезе ккола социалиял гьиназда ругел гIолилазул гьурмазда хадуб: тIоцебесеб иргаялда – лъималазул эбел-инсуца, хадуб – низам цIунулел идарабаз. Гьебмехалда рес буго гIадамал яги живго жинцаго чIваялдаса гIолилав цIунизе.

Социалиял гьиназдасаги Интернеталдасаги бугеб хIинкъиялъул хIакъалъулъ бицана «Геополитика. Ру» абураб порталалъул генералияв директор Леонид Савиницаги. «Социалиял гьиназдасан гIолилал махсараде кквезе санагIатал нухал цIакъ хехго ратула экстремистазда. Гьез цIакъ хехго тIиритIизарула жидее хIажатал баянал, гьез жигаралда хIалтIизабула жамгIияталъул пикру», – ян бицана гьес

«ХIинкъи гьечIеб интернет» абураб проекталъул цевехъан, Москваялъул ГУВДялъул ЖамгIияб советалъул вакил Павел Сорокиница кIвар буссинабуна школалъул цIалдохъабазулгун гьабизе кколеб хIалтIиялде. «2021 соналъул тIоцебесеб бащалъиялда федералияб даражаялъул такъсиразда гьоркьоб лъугьа-бахъин буго 1839 лъимадул гIахьаллъигун гьабураб. Гьелги ккола социалиял гьиназул батIи-батIиял сайтазгун хъулухъаз гьабураб тIадецуялъул хIасил. Интернеталъул кумекалдалъун, батIи-батIиял такъсириял къокъабаз лъимал куцала жидерго кьерилав цадахъ лъугьун хIакъир гьавизеги, вухизеги, хIатта чIвазегицин. Экстремистазул ва террористазул гIуцIабазулъ чарагьечIого рукIуна лъималазул психологияги, медицинаги, политтехнологиялги лъикI лъалел махщелчагIи. Психологиялъул къагIидабиги хIалтIизарун, гьез гIолилал дагь-дагьккун хIадурула такъсириял ишал гьаризе. Масала, гIемерлъун руго Гитлеридаса мисал босулел ва гьев даим чIаго вукIине вугилан мукIурлъулел гIолилал. Гьев чIаго вукIиналъе хIужалъун такъсир гьабизе тIамула гьел. Гьединал лъугьа-бахъиназдаса цIунизе ккола гIолеб гIел. Такъсир гьабиялъе гIилла, гьелде пуланав гIолилав вачараб нух лъазабизе захIматаб жо гуро, амма нилъ ругьунлъун гьечIо гьелъул хал гьабизе. ЦIалдохъанасул тетрадалда, альбомалда, телефоналда ругел суратазцин кантIизарула гьесул нух гьетIулеб букIин», – анги бицун, Павел Сорокиница рехсана «Синий кит» абураб расандиялъулъ ругел игIланал, масала, радал сагIат щугоялде къого минут хIалтIараб мех – тарихал сверизаруни, гьеб ккола 20 апрель – Гитлер гьавураб къо.

 

Разведкаялъул рахъалъ эксперт Андрей Масаловичасухъ гIенеккидал, ракIалде ккана айфоналги, андроидалги, смартфоналги нахъе рехун лъикIин абун. Щайгурелъул, нилъеца бахъараб щибаб галиялъул хъвай-хъвагIай гьабулеб буго кIинусгоялдаса цIикIкIун Интернет-сурсаталъ. Хадуб гьел баянал ричулел руго къваригIарал чагIазе, хасал идарабазе. Ахиралдаги, нужер лъималазул социалиял гьиназда ругел гьурмазда «хъахIилсияб кьералъул пер» бахъун бихьани – цIодорлъи гьабе! Гьеб ккола нужер лъимер экстремизмалъул идеологазул кверщаликье кколеб букIиналъул гIаламат.

 

З. ХIАЖИЕВА

М. АЗАЕВ