КьогIалъул тIагIам, гIумруялъул къимат

 

   ТарихчагIазул баяназда рекъон, цIар щиб абуниги, терроризмалъул гIаламатал кидаго рукIана. Машгьурав гIалимчи ва философ, насраниязулгун католиказул ки­лисаялъ жидер мугIалимлъун рикIкIунев вукIарав Фома Аквинскиясцин бегьу­леблъун рикIкIана халкъалъе вокьуларев нухмалъулев чIвазе кколин абураб пикру. ХIХ гIасруялда Россиялда рукIарал анар­хистазул рагIи билълъарав вакил, жига­рав хIаракатчи Бакуниница рахъ кколаан цIияб, лъикIаб, гIадатияб халкъалъе пай­даяб гIуцIизе ккани, гьабсагIаталда бугеб гIуцIи тIубанго шущазабизе кколин абу­раб пикруялъул. Гьелъие хIажатал ала­таллъунги гьес рикIкIунаан загьру, нус ва квар. ТIоцебесеб Дунялалъул рагъул зама­налде (1914-1918 сонал) щвезегIан террор рикIкIунаан аслияб куцалда социалисти­ял пикрабазул ва хиялазул гIадамазе хас­лъи бугеб ишлъун. Гьелдаса хадубги, ай граждан рагъул заманалда «багIаразгун» «хъахIаз» гьабулеб букIараб ишалдаги «террор» абун гурони батIияб цIар лъезе кинго рес гьечIо.

   Советияб власть щулалъараб зама­налда, цIакъго къанагIатал хIужаби загьирлъун гурони, нилъер пачалихъалда терроризмалъул махI букIунароан. Араб гIасруялъул 90-абилел соназдайин абуни нилъер гIумруялъулъе гьелъ риччана щу­лиял кьалбал. Къойилго гIадин рагIулеб букIана кьвагьа-гIанхъи, тIоритIулел рукIана хасал операциял…

     Щай 90-абилел соназда ва 2000-абилелъул авалалда нилъер гьаниб тIегьазе байбихьараб терроризм? Кинал гIиллабаздалъун гьелъ бетIер борхараб? Нус-нус сонилаб хIалбихьиялда тIад бараб, ругьунаб рахънисан гIумру унеб пачалихъияб гIуцIи хIалтIулеб Европаялда гIемер хъинтIичIеб гьеб нилъер гьаниб тIибитIиялъе рукIанин ккола гьадинал гIиллаби. 70-ялдасаги цIикIкIун соналъ нилъеда лъалеб букIараб пачалихъ бихха-хочана къокъабго заманал­да жаниб. ТIуна бухьенал, хвана низам, чучлъана хьулал. ТIаде щвана бокьараб гьа­бизе рес кьолеб жо абураб куцалда къабул гьабураб эркенлъи. ГIемерисев чи мехтиза­вуна гьелъул махIалъ.

     Дол соназда ккарабщиналъул бицун хIалкIвеларо, амма абила гьеб гIезегIанго хъинтIанин Дагъистаналда, дир росдада ва дидаго…

Гьеб ахIвал-хIалалъ чара гьечIеблъун гьабуна 1992 соналъул 14 ноябралда Дагъистаналъул халкъазул II чрезвычайнияб съезд ахIи. Гьелъул хIукмабаз ва къабул гьабураб республикаялъул конституциялъ кьуна гIемералъе бичIчIи.

   Аллагьасе рецц, нахъа тана гьеб за­ман, гIемерго чучлъана хIалуцин. Амма гьеб кинабго чIана цIакъго хираго. Сунде гIолоялицин лъачIого гIемерал гIолохъабаз гIадада хвезабуна гIумру, лъилали лъала­рел хIаязул хIасилалда хвана ракълилал гIадамал, чIунтана магIишат. Аллагьас тIокIалъ бихьизе хъван батугеги нилъеда гьединаб заман.

    Гьанжениги лъугIанин кьвагьа-гIанхъиял, парахалъанин ахIвал-хIал абун ракIалде ккун лъугIилалде, нахъеги камуларо рахIатхвеялъе, ургъалие цо-цо багьа­наби. Иргадулаб гьединаб лъугьа-бахъ­ин ккана 10 сентябралда. Гьеб къоялда Буйнакск районалъул ракьалда лъазабун букIана КТО (террористазда данде гьару­лел хасал тадбирал). Гьелъул хIасилалда, Талги поселокалъул рагIалда чIвана, квер­де вачIине инкар гьабурав, кIиго хъачагъ. Гьеб ккана исана соналда жаниб лъа­забураб кIиабилеб КТО, март моцIалда тIобитIаралъул хIасилалда чIван вукIана цогидав.