МухIамад Танкаев гьавуралдаса 100 сон тIубаялде

Освенцималъул ва Бзежинкаялъул бахIарчи

Исана 27 январалда 74 сон тIубала фашистаз гIуцIун рукIарал Освенцим ва Бзежинка концлагерал советияб аскаралъ эркен гьаруралдаса

МухIамад Танкаев гьавуна 1919 соналъул 25 октябралда Гъуниб округалъул ГIурада росулъ (гьанжесеб Шамил район). ЦIалана Буйнакскалъул рабфакалда, Гъуниб колхозазул гIолилазул школалда. Дагьаб заманалъ хIалтIана КъахIиб школалда учительлъун. 1939 соналда Да­гъистаналъул росдал магIишаталъул институталда лъабабилеб курсалда цIалулев вукIарав чи, гIарзаги кьун, цIализе лъугьана Краснодаралъул рагъулабгун лъелазул училищеялде. 1941 соналъул 16 июналда училище лъугIун хадув аскаразда хъулухъ гьабизе лъугьана гIолохъанав офицер. Взводалъул командир М. Танкаев, училище лъугIун анкь иналде, КIудияб ВатIанияб рагъги байбихьун, фронталде ккана. Рагъул соназда гьес нухмалъи гьабуна взводалъе, ротаялъе, полкалъе.
ВатIанияб рагъ М. Танкаевасе лъугIана подполковникасул чиналда.
Рагъдаса хадуб 1948 соналда лъугIизабуна М. В. Фрунзел цIаралда бугеб, 1960 соналда СССРалъул рагъулал къуватазул Генералияб штаба­лъул академиял.
ВукIана полкалъул командирлъун, СССРалъул гьаваялъул десантазул аскаралъул командующиясул тIоцевесев заместительлъун, хадусел соназ­да – Белоруссиялъул рагъулаб округалъул командующиясул заместительлъун, Одессаялъул рагъулаб округалъул командующиясул тIоцевесев заместительлъун.
1968-1973 соназда Польшаялда Северияб группаялъул аскаразул командующий ва Рагъулаб советалъул член.
1973-1974 соназда — СССРалъул Оборонаялъул министерствоялъул киналго цIалул идарабазул БетIераб Управлениялъул начальник.
1974-1978 соназда Варшавалъул къотIи-къаялъул цолъарал рагъулал къуватазул ГДРялъул армиялда вугев главнокомандущиясул вакил. 1978-1988 соназда Москваялда рагъулаб институталъул начальник. Гьесие кьун руго Ленинил, Октябралъул Революциялъул ункъо БагIараб Байрахъалъул, кIиго тIоцебесеб даражаялъул КIудияб ВатIаниб рагъул, БагIараб цIва орденал, гIемерал медалал. Гьединго генерал-полковник М. Танкаевасе кьун руго Польшаялъул, ГДРа­лъул, Болгариялъул ва Монголиялъул орденал. 1958 соналда гьесие кьуна генерал-майорасул, 1963 соналда генерал-лейтенантасул, 1969 соналда генерал-полковникасул чинал. МухIамад Танкаев хвана 1998 соналъул апрель моцIалда. Вукъун вуго ГIурада росулъ.

1980 соналъул ихдал Польшая­лъул Краков шагьаралда рагъулал ветераназул комитеталъ гIуцIун букIараб халкъазда гьоркьосеб манифестациялде ахIун букIана СССРалдасаги делегация. Гьелъие бетIерлъи гьабулеб букIана генерал-полковник МухIамад Танкаевас.
Гьенире рачIун рукIана Европаялдасаго немцазул лагеразда рукIарал асиралги. Гьениб кIалъазе рагIи кьуна 1945 соналъул 27 январалда гьеб лагерь эркен гьабураб 400-абилеб полкалъул командирлъун вукIарав Танкаевасеги. КIалъана гьенир Освенцималъул жужахIалдаса хвасарлъаралги. Гьеб къоялъ гьенир рукIарал туснахъазда, жал хвасар гьарураб полкалъул командир МухIамад Танкаев вукIараблъи лъайдал, гьев сверун ккуна парангазги, поляказги, гIурусазги, греказги, жугьутIазги ва гьенире рачIун рукIарал батIи-батIиял миллатазул вакилзабазги. Пашманал лъугьа-бахъинал ракIалдещвезариялъул гьеб дандчIваялда, биялъ чурарал къватIазухъги балагьун, цо херав гIурусас рикIкIараб кочIол куплеталъ гIажаибаб асар гьабула Танкаевасе.
Аза-азар рикIкIун
чIваразул биялъ,
Гьаб гIатIилъиялъул
ганчIал чурана.
Амма аза-азар хвел бачIаниги,
Тушманасда цере
къуркьизе чIечIо.
Хвалил лагерь эркен гьабурал тIоцересел минутаздаго Танкаевасда аскIове вачIуна херлъиялъ тату хварав, букIкI-букIкIараб гьумералъул, хIалихъе хьвадулев цо гIурусав. ЦIех-рех гьабидал, гьев ватула Дагъис­таналдаса Григорий Васильевич Сарафанов, жеги 39 сон тIубачIев гIолохъанчи. Хадуйго Танкаевасда аскIое ячIуна кIалдиб цониги ца хутIичIей, херлъиялъ къулараб мугъалъул, гIазухъахIаб ботIрол расалъул кIодо. Гьейги ятула, захIмат-гIакъубаялъ кIвекIаниги, жеги 19 сон гурони тIубачIей гIадан.
Лъималазул блокалде щведал, гьений МухIамадида ятула Смоленскалдаса кIиго сон барай Галя Прохорова, Витебскалдаса 12 сон барав Гриша Жуков, Югославиялдаса Иосиф Броз Титол яцалъул вас Олег Миндач – гьевги Киевалдаса гIурусалъул васасул вас.
1945 соналъул январь моцIалда Танкаевасухъе бачIуна командованиялъул буюрухъ: Освенцималда ва Бзежинкаялда хвалилал лагеразда ругел асирал эркен гьареян.
«Нижехъе щварал баяназда ре­къо­н, Освенцималъул туснахъазул цо бутIа бакътIерхьуде битIун, цогидал чIван ва газалъул камерабахъ гъанкъун, лагерь бугеб бакI лъаларедухъ ракьалдаса лъугIизабизехъин буго. Дуда тIадаб буго, 472-абилеб полкалъул командир Беспрозванийгун цадахъ, 27 январалдаса кватIичIого концлагералъул асирал эркен гьаризе. РакIалда чIезабе, нужер тавакалалда бараб буго чанго азарго чиясул гIумру».

Дивизиялъул командир Красавин

— Цебелъураб суал букIана цIакъго захIматаб, — ан хъвалеб буго МухIама­ди­ца жиндирго ракIалдещвеязда.
25 январалъул рогьалилъ байбихьула лагерь эркен гьабиялъул операция. Немцазги дандечIей гьабулеб букIана. Кин бугониги, полкалда кIола 27 январалъул сагIат 12 тIубараб мехалда Освенцим тIубанго эркен гьабизе.
1975 соналъул 13 марталда «Советская Армия» газеталда бахъараб макъалаялда рагъулал гIелмабазул кандидат, полковник Дектяревас хъвалеб буго: «Освенцим эркен гьабулаго, бищун захIматаб заманалда тIаде щвана полкалъул командир, подполковник Танкаев», — ан. Нахъисеб къоялъ Танкаевасул полкалъ эркен гьабуна Бзежинкаялъул лагерьги. ХIисаб гьабураб мехалъ, гьеб лагералъул гIатIилъи батун буго 50 кв. км ва гьединго Освенцималдаса эркен гьавун вуго 17000-ялде гIагарун асир. Гьениб лагерь бикь-бикьун букIун буго 12 майданалде. Гьединго батун буго 32 цIулал барак, жиб-жибалда жанив 500 асир вукIараб. Освенцим эркен гьабураб къоялъ, лагералда батун буго хваразул, чIваразул, газалъ гъанкъараздаса бахъараб ратIлил цIураб 35 склад. Гьезда гьоркьоса анлъго складалда жаниб батун буго хвезаруразда тIаса бахъараб ратIлил 1 миллионгун 200 азарго комплект ва руччабазул ботIрол расалъул 7000 кг. Халкъалда гьоркьосел экспертаз чIезабухъе, цохIо Освенцималда фашистаз тIагIинавун вуго 4 миллионгIанасев асир.
Гьеб «ЧIагоязул жужахI» эркен гьабулаго бараб 54 сагIаталда жаниб, 460-абилеб полкалъе кIудияб ками ккана: 67 рагъухъан чIвана ва 119-яв лъукъана.
Советияб армиялъе гьениса щола рагъулаб давлаги: кванил ва къайи-цIаялъул цIураб 100 вагон, 50 автомашина, танкабазда данде кьвагьулеб ункъо гIарада, 11 миномет, цо чанго батIи-батIияб къайиялъул склад, тIорччол 60000 тонна, 17 паровоз.
Освенцим эркен гьабулаго бихьизабураб бахIарчилъиялъухъ Танкаев мустахIикълъана БагIараб Байрахъ орденалъе ва гьесул полкалъе кьуна Александр Невскиясул орден. Хадусеб БагIараб Байрахъ орден МухIамадие щвана Чехословакиялъул Опава шагьаралде гьабураб гьужумалъе гIоло. Гьелде щвелалдего, 1943 соналъул февралалда Сталинград тушманасдаса цIунулаго, МухIамад тIамуна 823-абилеб полкалъул командирлъун ва гьениб бихьизабураб гьунаралъе гIоло гьев кIодо гьавуна БагIараб Байрахъ орденалдалъун.
МухIамад гIахьаллъана Смоленск ва Москва цIунулел рагъазулъги, Курскалъулаб горсвериялда, Доналда, Днепралда, Корсун-Шевченкоял­да, Львов-Сандомиралъулал, Вис­­ла-Одералъулал рагъулал опе­рациязулъ­ги.
Тернополь шагьаралде гьужум гьабулаго бихьизабураб бахIар­чи­лъиялъухъ Танкаевасе кьуна «Ва­тIанияб рагъул тIоцебесеб даражаялъул» орден. МухIамадил полк гьоркьобе унеб 100-абилеб дивизиялъ Воронежалдаса Прагаялде щвезегIан нахъа тана 1700 км рагъул нухлул ва эркен гьабуна 1500 шагьаргун росу.
«Лъиениги вокьизелъун Танкаев киданиги гьимичIо ва лъиениги гьес бетIер къуличIо. Гьес бетIер къулана гIицIго ВатIаналда цебе. Солдатгун гьев вукIана солдатлъун, генералгун — генераллъунги. Дунялалда дир руго рикIкIен гIемерал гьудулзаби. Амма Танкаевасулгун дир гьудуллъи хасгьабун батIияб букIана. Гьев вукIана дие цIакъ хирияв инсан», — абун хъван буго гьесул хIакъалъулъ Расул ХIамзатовас.
Будун МухIамадов,
Танкаевасул цIаралда бугеб
музеялъул директор