Владимир Васильевас согIго лъазабуна

12 февралалда ДРялъул бетIер Владимир Васильевас данде гьарун рукIана республикаялъул бакIалъул нухмалъулел.
Гьезда тIадаб бищунго аслияб суал халкъалъул гIумру лъикIлъизаби кколин абулаго, Васильевас гIезегIан интересал лъазабиялги гьаруна. Масала, гIадатиял гIадамазе асар гьабун бугоан хъулухъаздаса махIрум гьаризе цо-цо нухмалъулезе цIарал къоял хутIун ругилан Владимир Васильевас гьабураб лъазаби. Гьедин щибаб районалдаса гIадамаз жиде-жидер муниципалиял гIуцIабазул бутIрузда хурхун версиял ургъулел руго. 
БитIун гьеб данделъиялда цебесеб къоялъ сардилъ шагьранухги къан чIун рукIана Гъаякент мухъалъул гIадамал. Гьезул ццим бахъун бугоан теплицабазул бетIергьабаз газги бикъун, гIадамазе гьеб дагьлъулеб букIиналда. 
Цинги жидеца газ цебе гIадин цIикIкIун хIалтIизабиларин бизнесменазги абун, хIажалъи ккани, жидецаги рогIрахъе газ цIикIкIун биччалилан рагIи Трансгазалъги кьун хадуб хIалалъ гIодоре руссинарун ругоан гIадамал.  
Гьединлъидал Владимир Васильевасги гьеб хIужаялде кIвар кьечIого течIо. 
Районалда теплицаби ралеб мехалда бакIалъул нухмалъиялда лъачIого букIунаринги абуна гьес. 
«Росдал цо-цо чагIаз бизнес гьабулеб буго, цогидал абуни рогIразда авариял ккун, квачан холел руго, цинги разилъи гьечIолъи загьир гьабулел руго. Амма гIадамазе хIалтIизе бакIал чIезарулел чагIазе гIорхъи чIвазе лъугьани, нилъ церетIезе гьечIо. Гьеб суалалъулъ ращалъи лъица чIезабизе бугеб?
 Нужеца гIумру гьабулел бакIал бечелъизе къваригIун руго нужее, амма цIорон холеб бакIалде лъималги херал чагIиги ккезаризе бегьулищ? Гьелъул жаваб нилъеца кьола: дицаги нужецаги. 

Цо бакIалдаги гурелги кколел руго гьединал хIужаби, гьедин букIине бегьуларо», ян кIалъана В. Васильев. 
Хадуб ДРялъул бетIерас тIаде жубана жинда божун тарал гIадамазул тIалабал тIуразелъун республикаялъул идарабазул кIалтIаса рахъунарел, унго-унголъунги халкъалда ракIунтарал нухмалъулел къанагIат гурони гьечIилан. 
Муниципалияб гIуцIиялъул бе­тIерасда лъазе кколила районалда, шагьаралда ругел масъалабазул щибаб (газалъул батаниги, тока­лъул, лъим бацIцIад гьарулел бакIазул батаниги суалазул хIакъалъулъ). 
Гьединго В. Васильевас абуна гъоркьиса республикаялда кIванин кьоял разе 90 миллион гъурущ батизе. Гьеб кIун буго магъалаби ракIариялъул къадар цIикIкIинабиялдалъун. 
«Гьеб гуребги жеги 9 кьоялъеги гIарац батизеги кIвана нижеда. Амма хIажат буго жеги 100 кьо. Гъизляралъул электромеханикияб заводалъ (КЭМЗ)  6 миллионалде хIадурун буго 36 метр халалъи бугеб маххул кьо. Гьединго мугIрузул мухъаздаги бегьула гьединал кьоял хIадурулел цехал рагьизе. Гьелдалъун гIадамазе хIалтIизе бакIги щвелаан букIараб.
Баркала магъало бакIарарал гIадамазе. Гьелдаса пайда бугебги, къиматабги хIалтIи гьечIо», — ян абуна Васильевас
Араб соналда республикаялда транспорталъул бутIаялдаса бакIарараб магъалодухъ щвараб 771 млн. гъурущ биччанин муниципалиял нухал къачIаялъегиян бицана республикаялъул нухмалъулес. Амма исана ракIалда бугин гьеб магъалодул 1,2 млрд. гъурущ бакIаризе. 
«Транспорт сабаблъун гIемерав чиясе къварилъи кколеб буго, гьелдаса щивниги ворчIуларо. Жиндир заманалда транспорталъухъ магъало кьезе ккола нужецаги нужер хIалтIухъабазги. Магъало кьолеб гьечIони, хIалтIудаса рахъизе руго», — ян лъазабуна Васильевас.
Гьебго жавабчилъи тIад бугин реcпубликаялъул нухмалъулесулги хIукуматалъулги администрациялдаян бичIчIизабуна бетIерас.
«Заман ингун нилъер гьанир рукIине руго хIинкъи гьечIого хьвадизе бегьулел узданал нухал», — илан ракIчIун абуна Васильевас.