Журналистазул суалазе президентасул жавабал

19 декабралда Москваялъул халкъазда гьоркьосеб дармилаб централда улкаялъул президент Владимир Путинил гIахьаллъигун тIобитIана кIудияб пресс-конференция. Гьелда гIахьаллъана Дагъистаналдаса 9 журналистги.
 
Гьединго исанасеб пресс-конференциялда гIахьаллъи гьабуна СМИялъул 1895 вакилас. Гъоркьиса тIобитIаралдайин абуни гIахьаллъун вукIана 1702 журналист. Гьезда гьоркьорги бищун гIемер рукIана регионаздаса журналистал.
 
Аслияб къагIидаялда президентасе кьуна улкаялъул халкъалда хъинтIулел гурелги, тIолабго дунялалдаго лъугьун бугеб ахIвал-хIалалда тIасанги суалал. Бищунго гIемерал суалалин абуни рукIана сахлъи цIуниялда, лъай кьеялда ва социалияб гIумруялда хъинтIарал. Масала, Камчаткаялдаса журналисталъ гьикъана, «Аэрофлоталъул» тарифал, ай самолеталда рекIаралъухъ белтазухъ росулел багьаби цIикIкIинаризе ругищилан.
 
«Тарифал цIикIкIинаризе ракIалда гьечIо. РукIине руго пенсионеразе, студентазе ва цогидалги гражданазе гьарулел рукIарал бигьалъабиги», — ян жаваб кьуна президентас.
 
ЛъагIалида жаниб70 млн тонна рощнол
 
«Рощнол реформа» гьабсагIаталда хIалтIулеб буго Москваялда, Севастополалда ва Санкт-Петербургалда. ХутIарал субъектазе кьун буго 2022 соналде щвезегIан заман. Санкт-Петербургалдаса журналистас цIехана, щайин шагьаралдаса рищни баччулеб бугебин Ленинград областалъул цогидал шагьараздеян.
 
Владимир Путиница кьуна гьадинаб жаваб:
 
— ЛъагIалида жаниб данделъу-леб буго 70 млн тонна рощнол. Совет Союзалда букIинчIо гьеб хIалтIизабиялъул предприятиего. Нижеца гьеб байбихьана. ГьабсагIаталда вуго федералияв оператор, кIинусгоялдаса цIикIкIун – регионалияв оператор, хIадурун буго территориалияб план. Амма, дир пикруялда, гьечIо гражданазулгун гьабулеб гара-чIвари. Халкъалда бичIчIизабизеги бихьизабизеги ккола кин гьеб иш гIумруялде бахъинабулеб бугебали.
 
ГьабсагIаталда ралел руго рищни хIалтIизабулел предприятиял. ГIадамазда бичIчIизабизе ккола гьезул зарал букIине гьечIеблъиги. Масала, Токиоялда гьединал предприятиял ран руго шагьаралда жанирго. БукIунаро гьезул чорокаб кIкIуй, чIваларо гьениса махIцараб махI, гьабуларо гьез зарал инсанасул сахлъиялъеги экологиялъеги, — ян.
 
550 млрд гъурущсахлъи цIуниялъул проекталъе
 
 
URA.RU информагентствоялъул
журналистас борхана тохтурзабазул харжазул суал. «Регионазда тохтурасухъе иргаялда чIезе ккола моцIидасаги цIикIкIараб заманалъ. Дагьаб харж бугинги абун, хIалтIудаса нахъе унел тохтурзабиги гIемерлъулел руго. Масала, бетIерав тохтурасе нусазаргоялдаса цIикIкIун гъурущ щолеб бугони, хирургасул харж 50 азаргоялдецин бахунаро», — ян бицана гьес.
 
Улкаялъул нухмалъулес абуна «Сахлъи цIуни» абураб миллияб проекталъе бихьизабураб гIарцуда тIаде, аслиял фондал низамалде рачинеги, хIажатаб къайи босизеги, транспорталъулал харжазеги, техника босизеги медицинаялъе кьун бугин 550 млрд гъурущ. РакIалда бугин къачIазе яги базе медицинаялъул идараялъул 10 азарго объект, босизе бугин 37 азарго машина ва 10 азаргоялде гIунтIун медицинаялъул алат-къайи.
 
Олимпиадаги WADAялъул хIукмабиги
 
 
ИчIабилеб декабралда допингалде данде къеркьолеб тIолгодунялалъул агентствоялъ (WADA) гьабураб хIукмуялда рекъон, Россиялъул спортсменазе гьукъулеб буго Олимпиадаялда ва цогидал спортивиял къецазда гIахьаллъизе.
 
Гьелъул хIакъалъулъ гьадинаб пикру загьир гьабуна президентас:
 
— Гьеб буго къабул гьабизе кIолареб хIукму. Допингалда бан цебесеб Олимпиадаялда гIахьаллъиялдаса махIрум гьарун рукIана нилъер
спортсменал. Гьебго жо сабаблъун цоги нухалда тамихIалде цIазе бегьуларо – инсанияталъул тарихалда гьединаб хIужа жеги букIинчIо ва букIинарин хьулги буго.
 
КIиабизе, тамихI букIине ккола пуланав спортсменасе гьабулеб. Цо чияс допинг хIалтIизабунинги абун, командаялъего тамихI гьаби мекъаб буго.
 
Абизе ккола Россиялъул допингалде данде къеркьолеб комитет (РУСАДА) гIуцIун букIана WADAялъул малъа-хъваялги хIисабалде росун. Гьезул бихьизабиялда рекъон рищун рукIана гьелъул нухмалъулелги. Дица бицаралъул кьучIалда, гьабизе бегьула гьадинаб хIасил: WADAялъул гьанжесеб хIукмуги буго политикияб махI гъорлъ бугеб, — ан.
 
Пресс-конференциялда рорхарал суалазулги, президентас кьурал жавабазулги ва гьелда тIасан экспертазгун гIадатиял гIадамаз загьир гьарурал пикрабазулги хIакъалъулъ жеги гIатIидго бицина газеталъул хадусеб номералда.