Бесдал лъималазе рукъзал щвеладай?

 

  Гьал къоязда ДРялъул хIукуматалда гьоркьоб лъун букIана бесдал лъималазе рукъзал росиялъул суал.

Исана гьел росизе ккола 396 лъимералъе (гIаммаб къадар абуни 3950 лъимер). Гьелъие гIоло 122 млн гъурущ федералияб централъ кьезе буго, 650 млн — республикаялъул бюджеталдаса.

  Гьедин бицана гьениб ДРялъул хIукуматалъул председатель ГIабдулмуслимов ГIабдулмуслимовас.

Амма гIемерисел шагьараздаги районаздаги гьеб суал хадуб бехъерхъун хутIулеб буго заманалда документал хIадуричIолъиялъ яги гьел рукъзал росизе кьолеб гIарац цIакъго дагь бихьизабиялъ. Масала, застройщиказе квадратияб цо метралъухъ жидеца кьолеб багьа хIатталдаса ун учузго би- хьизабиялъ, щалниги разилъулел гьечIо муниципалитетазе гьел рукъзал ричизе. Гьедин гьел багьаби лъагIалабаз толел руго цIи гьаричIого. Гьединал районаллъун гьеб данделъиялда рехсана Болъихъ, Хьаргаби, Гумбет, Хив, ЦIунтIа, ЧIарада.

Гьединго бесдал лъималазе рукъзал росиялъул иш исана рагIалде бахъинчIого хутIизе рес буго МахIачхъалаялда, Дагестанские Огниялда, Табасаран, ЛъаратIа, Шамил, Кули, Гъизилюрт, Нугъай районазда.