Сулахъалъ нугIлъи гьабуна

 

 

    «Сулахъалъ нугIлъи гьабула» абураб М. Хуршиловасул романалда бицунеб буго Дагъистаналъул мискинзабаз цIияб гIумруялде тIамулел галабазул хIакъалъулъ. Жакъайин абуни Сулахъ гIоралъ нугIлъи гьабулеб буго цIияб дунялалда гIадамаз талихIаб гIумру гьабулеб букIиналъе.

1 июналда — лъимал цIуниялъул тIолгодунялалъулго халкъазда гьоркьосеб къоялъ — «Главрыба» абулеб Басрияб Миякьо росдада аскIоб бугеб бакIалда, республикаялъул бетIер Сергей Меликовасул гIахьаллъигун, рагьана дагъистанияз ва республикаялде рачIунел туристаз хIухьбахъи гьабулеб комплекс.

 

 

    Сулахъ гIурул рагIалда бугеб свериялда, Россиялъул Пачалихъ- ияб Думаялъул депутат ХIажиев ГIабдулхIакимил хIаракаталдалъун гIуцIун буго, лъималазе ва чIахIиязе хIухьбахъиялъе киналго шартIал ругеб, комплекс. БатIи-батIиял рухIчIаголъаби жанир ругеб зоопаркалдаса байбихьун, гIуруда тIасан лъураб, нохъабазде унеб кьоялде гIунтIун, камураб берцинлъи гьечIо гьениб. Гьеб бакIалда аскIобго буго гIурусазул хъвадарухъан Лев Толстоясул «Кавказалъул асир» абураб асаралъул аслиял героял Жилин ва Костылин гвандинир тIамун рукIараб Миякьо росуги. Гьединго гьенисан бихьула Михаил Пришвиница хъвараб Чир-Юрталъул сангарги. «Главрыбаялда» ран руго гьалбадерие цIулал рукъзал, руго гьенирго ччугIа гIезабулел хIорал. Хасаб берцинлъи кьола гIурул кIиябго рахъалда ругел нохъаз.

Гьенирго руго нилъее бокьараб тIагIамаб квен хIадур гьабулел аш- базал, ресторан ва кафеял, гьединго лъаралгун фонтаналги. Сулахъ гIоралъ гьеб киналдаго гIажаибаб нурги базабула.

   Данделъиялда гIахьаллъи гьабурал республикаялъул бетIер Сергей Меликовас, хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас, Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул депутатал Сайгидпаша ГIумахановас, НурбахIанд НурбахIандовас, Алла Поляковалъ кIудияб къимат кьуна лъимал цIуниялъул къоялда бан гIуцIараб гIатIидаб тадбиралъе ва республикаялда туристазе чIезарун ругел шартIазе.

 

З. Ильясов