Информациялъул ва печаталъул Агентствоялъул цIияв нухмалъулев

 

   Гьал къоязда информациялъул ва печаталъул рахъалъ цIигIуцIараб ДРялъул Агентствоялъул нухмалъулевлъун тIамуна ГIабдуразакъ Жамалудинов. Гьелде щвезегIан гьев кколаан гьебго идараялъул нухмалъулесул (информациялъул ва печаталъул министрасул) гIакълучи.

   Министерствоялде вачIинегIан Жамалудинов хIалтIана Транспорталъулгун энергетикаялъул ва бухьеналъул министерствоялда, гIиси-бикъинаб ва гьоркьохъеб даран-базаралъул рахъалъ гIуцIараб комитеталда. Гьединго нухмалъи гьабуна юридикияб централъе.

  «ХIакъикъат» газеталъул коллективалъ ракI-ракIалъ баркула ГIабдуразакъ Жамалудиновасда гьеб тIадегIанаб хъулухъ. Гьарула хIалтIулъ икъбал ва цебетIей.