Парахатаб гIумру ва диназда гьоркьоб рекъел

 

 

27 декабралда тIобитIана Миллатаздаги диназдаги гьоркьосел бухьеназул рахъалъ ДРялъул бетIерасда цебе гIуцIараб советалъул данделъи. Гьеб нухда бачана ДРялъул хIукуматалъул председателасул заместителасул ишал тIуралев Рамазан Жапаровас.

Данделъиялда бицана гIолеб гIелалъе тарбия кьеялъулги, экстремизмалдегун терроризмалде данде къеркьеялъулги ва 2025 соналде щвезегIан къабул гьабураб РФялъул Пачалихъияб миллияб стратегия гIумруялде бахъинабиялъулги мурадалда гьабулеб хIаракаталъул хIакъалъулъ.

 

Рехсараб совет гIуцIун буго миллияб политикаялъулъги, миллатаздаги диназдаги гьоркьор бухьенал гьариялъулъги республикаялъул бетIерасе кумек гьабиялъул мурадалда. Гье лъул хIалтIул хIасиллъун лъугьине ккола Дагъистаналда парахатаб гIумру букIинаби, диназда гьоркьоб рекъел чIезаби. «Нижеда лъикI бичIчIула диниял хIаракатчагIазда цебечIараб масъала захIматаб букIин. Гьелдаго цадахъ кIудияб адабгун къадру-къимат кьола халкъазда гьоркьоб вацлъи щулалъиялъул мурадалда гьез гьабулеб хIаракаталъе», ­ ян бицана Рамазан Жапаровас, данделъи рагьулаго.

Данделъиялда аслияб кIалъай гьабуна ДРялъул миллияб политикаялъулги диниял ишазулги рахъалъ министр Энрик Муслимовас.

«Щаклъи гьечIо — Ибрагьим аварагасдасан бачIараб лъабабго диналъ малъула лъай бугеллъунги, рахIму-цIоб гIатIидаллъунги ва сабураллъунги рукIине, гьез кумек гьабула жагьиллъиялдасаги, экстремизмалдасагун терроризмалдасаги, такъсирчилъиялдасаги, наркоманиялдасаги ва цогидалги заралиял пишабаздасаги рикIкIалъиялъе. Гьеб рахъалъ министерствоялъги цогидал пачалихъиял идарабазги кидаго рахъкквезе буго диниял гIуцIабазул» ­ ан бицана гьес.

Гьесул кIалъаялда тIасан баяналгун церерахъана ДРялъул муфтияталда цебе гIуцIараб Цолъизабураб исламияб гIуцIиялъул председатель МухIамад Майрановги, Килисаялъул жамгIияталъулгун ва СМИязулгун бухьенал гьариялъул рахъалъ епархияталъул отделалъул нухмалъулев, иеромонах Иоаннги (Анисимов), ДРялъул Ягьудиязул диниял гIуцIабазул цолъизабураб идараялъул нухмалъулев Валерий Дибияевги. Гьез бицана миллатаздаги диназдаги гьоркьоб рекъел цIуниялъул мурадалда жиде­жидер гIуцIабазги пачалихъиял идарабазги гьарурал цадахъал тадбиразул хIакъалъулъ.

Энрик Муслимовас данделъиялда бицана 2025 соналде щвезегIан къабул гьабураб РФялъул Пачалихъияб миллияб политикаялъул стратегия гIумруялде бахъинабиялъул мурадалда 2021 соналда тIоритIарал тадбиразул хIакъалъулъ. Тасдикъ гьабуна тIасияб соналда гьаризе ругел тадбиразул план.

 

Министрасул ишал тIуралесул докладалда тIасан пикраби загьир гьаруна «Дагъистаналъул руччабазул союз» жамгIияб гIуцIиялъул председатель Интизар Мамутаевалъги, ДФИЦалъул Этнополитикиял цIехрехазул регионалияб централъул директор Руслан Абакаровасги, Гражданияб жамгIият цебетIезабиялъулги инсанасул ихтиярал цIуниялъулги рахъалъ ДРялъул бетIерасда цебе гIуцIараб советалъул председатель Зикрула Ильясовасги, ДГУялъул юридикияб институталъул директорасул заместитель МухIамадзапир ГIабдулаевасги.

 

МадихIат ХIАЖИЕВА