Кьоялги, пиринчIги, гIанкIудал ханалги

 

      19 маялда ДРялъул хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдулпатахI ГIамирхановас данделъи тIобитIана, 2020 соналъул хIасилал гьариялда тIасан. Социалиябгун экономикияб рахъалъ лъалаго цебетIей лъугьанин республикаялдайин абуна премьерас.

      Мисалалъе, гъоркьиса 1207 гектаралда цIиял ахал гIезаруна. 2,2 нухалъ цIикIкIана ччугIа кквеялъул къадарги. Гьединго росдал магIишаталъ гIезабураб нигIмат къватIибе баччиялъул рахъалъги лъикIал хIасилал ругин абуна ДРялъул экономикаялъул министр Руслан ГIалиевасги.

     Дармилгун промышленносталъул министр Низам Халиловас бицана оборонаялъул заказал тIураялъул иш тIаде ккун букIанин республикаялъул кIиго заводалде. Гьел ккола Каспийскиялда бугеб «Дагъдизельги», Гъизляралда бугеб «КЭМЗ» заводги. 5,2 млрд. гъурщиде заказ къабул гьабун буго гьез гъоркьиса. Гьелда чIечIого исанаги 500 миллион гъурщиде къотIи-къай гьабун буго Гъизляралъул заводалъ. Чанго батIиял масъалабазе хIалтIизаризе бегьулел кьоял хIадур гьаризе тIаде босун буго КЭМЗалъ.

    Росдал магIишаталъул министрасул ишал тIуралев Шарип Шариповас бицана, ТIолабго Россиялда ракьал лъалъаялъе биччалеб гIарцул 85 процент республикаялъе щванин абун. Гьелъ рес кьуна республикаялда гIемераб пиринчI гIезабизеги.

   Гьединго министрас бицана гIанкIабаз кьолеб нигIматалдеги хIажалъи цIикIкIун бугин. Гъоркьиса 58 азарго тонна гIанкIудал ва хъазазулгун гургуразул гьанал хIадур гьабун буго.