МагIарухъе гьалбал гIемерлъун руго

 

     Республикаялде рачIунел туристазул къадар тIадеялдаса тIаде гIемерлъулеб буго. Гьезие рекIее гIолеб буго магIарухълъиги, гьелъул берцинаб тIабигIатги, некIсиял росабиги, цIорорал иццалги, миллияб кванил тIагIамги. ЛъикI батаниги, квеш батаниги, пандемияги сабаблъун ккана гьелъие. КъватIисел пачалихъазул беричал курортазде ругьунлъун рукIарал, гIорхъабазда «кIулал райдал» рокъор хутIана исанаги гъоркьисаги. Гьединлъидал тIаса бищана гьез жанисеб туризм ва Кавказалъул гьайбатаб тIабигIаталда цIидасанги бер речIчIизабизе бокьарал гIемерлъана.

       Туризмалда сверухъ гьава-бакъ роцIцIунеб букIин бихьана ва гьелъие лъикIаб асар гьабунин абизе бегьула республикаялъул бетIерасул ишал тIуралев Сергей Меликовасеги. Дагьал церегIан къоязда «Тур в Дагестан» абураб турфирмаялъул генералияв директор, ТIаса Гъунив гIумру гьабун вугев МуртазагIали МухIамадовгун дандчIвана гьев. ТIубараб къоялъ магIарухълъиги тирулаго, туризмалда хурхараб темаялда сверухъ гIемераб жоялъул бицана гьез.

    — АхIулгохIда мемориалияб комплексалда букIана нижер дандчIвай. ЦIидасанги Кавказалъул рагъул тарихги, Шамилил заманги ракIалде щвезабуна. Гьениса ниж ана СалтIа бугеб чваххукье щвезе, цинги ЧIохъе ва Гъунире. Республикаялда туризм цебетIолеб букIиналдаса вохун вуго С. Меликовги, амма гьенирги гIоларел рахъал ругелъул, гьелъие кIвараб кумек гьабизе рагIиги кьуна гьес. Исана гьелъие рес гьечIо, амма тIадеялъул республикаялъул бюджеталда, туризмалъе биччалеб гIарац гьоркьоб лъезе бугин рагIи кьуна. Къокъго абуни, гIемер пайдаяб, ракIрагьараб дандчIвайги гарачIвариги букIана нижер, — ин бицана М. МухIамадовас.

     Туризмалда тIасан МуртазагIалилгун гьабураб гара-чIвари нижеца гIатIидго кьезе буго газеталъул хадусеб номералда.