М. ХIажиевасул хIурматалда -Гидрокомплекс

 

   КIудияб ВатIанияб рагъул бахIарзал-ракьцоял кIодо гьариялъул мурадалда, «Къункъраби» абураб сахлъи цIуниялъул комплексалда рагьулеб буго 1942 соналъул маялда Совет Союзалъул БахIарзазул мухъилъ даимлъарав МухIамад ХIажиевасул хIурматалда гIуцIараб ва машгьурав ралъдахъанасул цIар кьураб гидрокомплекс.

   Гидрокомплекс ургъана Москваялъул пачалихъияб университета­лъул профессор МухIамад МухIамадовасги гьесул ишцоязги. Гьениб рес щвезе буго, гьанже заманалъул цIирагьиязул кьучIалда лъел пайдаги хIалтIизабулаго, инсанасул сахлъи цIунизеги хIухьбахъизеги. Гьенир батIабатIаго хIадурун руго руччабазеги бихьиназеги медицинаялъул тадбирал гьаризе рес кьолел хасал залал. ГIуцIун руго лъималазул ракIгъезабиялъе шартIалги.

   ЦIияб гидрокомплексалда хIухьбахъизеги сахлъи щула гьабизеги гIуцIун ругел шартIаздаса пайда босизе буго дагъистаниязги цогидал регионаздаса гIадамазги.