Европаялъул судалъул хIукму

 

     Шамил районалъул Гьоор-Хьиндахъа кIиго вас чIварав МуртазагIали ХIасанхIусеновасул хитIабалъухъ халги гьабун, инсанасул их­тиярал цIунулеб Европаялъул судалъ (ЕСПЧ) хIукму гьабуна лъимал чIварав инсуе пачалихъалъ 120 000 евро (10 миллионгун 700 000 гъу­рущ) кьезе кколин абун.

     МуртазагIалил васал Набиги ХIасанхIусенги чIвана 2016 соналъул 23 августалда. Жидеего бетIербахъиялъе хинкI балагьулел, жамагIаталъул боцIиги хьихьун магIарда рукIарал гьел чIвана изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къукъаялдаса чагIи ругинги ккун. Гьеб хIакъикъат хадуб баян­лъана. Амма гьел чIваразе тамихI гьабуларого букIиналъ, щугогIан соналъ тахшагьаралъул майданалде хьвадана эмен МуртазагIали. Дир васални гьанже рахъинарин, амма гьеб такъсир лъачIого кканин абураб жоялъени­ги мукIурлъейилан гьарулеб букIана гьес.

     Республикаялъул нухмалъулесул ишал тIуралевлъун тIамун заман ба­лалде С. Меликовас къабул гьаруна чIварал васазул эбел-эмен. КватIун бугониги зигара къабул гьабейилан берцинаб каламги гьабуна гьес. Би­цана нужеде бачIараб къварилъиялъул бакIлъи жиндаги лъалин, щайгу­релъул жиндир васги хванин чияр квердаса. (2007 соналда Дагъистаналда букIараб цо операциялъул заманалда чIвана гьес хьихьун гIурав Дмитрий Серков). Адабалда талихIкъосарал эбел-эмен тIаде къабул гьарун хадуб Меликовасдехун лъикIаб бербалагьиги лъугьана халкъалъул.

     Узухъда, 10 миллион гъурщица васазул рухIалица къвагъараб эбел-ин­сул ракI сах гьабиларо. Щайгурелъул гьечIелъулха ракьалда гьеб рухIел къинабизе кIолеб къуват.