Спортсменасда гIайиб батичIо

 

     23 марталда ДРялъул Верховный судалъ ритIухъ гьавуна 2018 соналда Росгвардиялъул хIалтIухъан Мурад Рамазанов чIваялда гIайиб гIунтIизабулев вукIарав ШагIбан Мачиев. Гьев ккола рагъулаб самбоялъул рахъалъ чемпион.

   ХIалтIухъабазул баяналда рекъон, 2018 соналъул ноябралда, пуланаб клубалда кьвагьа-гIанхъиги рагIун, щиб-кинали балагьизе гьениве щварав М. Рамазановасда таманча речIчIун буго Ш. Мачиевас. Цогидаб баяналда рекъонин абуни, Ш. Мачиев клубалде вачIун вуго жиндирго гьалмагъ ХIаскъил Якъубовгун. Гьенив данделъула Росгвардиялъул хIалтIухъан Мурад Рамазановги. Хабар-кIалалда рукIаго, Ш. Мачиевасдаги М. Рамазановасдаги гьоркьоб ккола дагIба-рагIи. Иш гьелда къокълъичIо, ва Рамазановас Мачиев къватIиве ахIула. Гьениб Мурадица таманча бахъула ва, цо нухалда гьаваялдеги кьвагьун, ШагIбанида речIчIула. МачIчIалъ гуллаги щун, Мачиев гIодов ккола. ГьебсагIат тIаде щварав ХIаскъил Якъубовас Мурад Рамазановасухъа таманча бахъула ва гьесда речIчIула. Гьелъул хIасилалда Росгвардиялъул хIалтIухъан гьеб бакIалдаго хола. Бох лъукъарав ШагIбанин абуни, больницаялде хъамула ва сахлъун къватIиве виччарб къоялъго ЦIех-рехалъул комитеталъул хIалтIухъабаз ккола.

    Гьединаб буго кIиго сонгун бащдалъ цебе ккараб лъугьа-бахъиналъул къокъаб хIасил.

   А. ЮСУПОВ