Ракь багъариялъул бицунеб выставка

 

   МахIачхъалаялъул тарихалъул музеялда тIобитIулеб буго 1970 соналъул 14 маялда Дагъистаналда ккараб ракь багъариялъул бицунеб выставка.

    Гьенир лъун руго доб мехалда риххарал минабазул, къватIир хутIарал гIадамазул, дагъистаниязе кумекалъе Узбекистаналдасаги Россиялдасаги рачIарал чагIазул суратал, художниказ рахъарал суратал, документация ва ракь багъари тIатинабизе хIажалъулеб къайи-цIа.

   СССРалъул ГIелмабазул академиялъул гIалимзабазул пикруялда рекъон, гьединаб куцалда Кавказалда ракь багъарун букIун гьечIо 1902 соналдаса нахъе. Гьединго 1966 соналда Ташкенталда ккараб ракь багъариялдаса 30 нухалда цIикIкIараб букIун буго Дагъистаналда багъарараб ракьул къуват.

    Гьелдалъун зарал ккана республикаялъул ункъо шагьаралъеги 16 районалъеги. ТIубан биххун букIана 22 росу, кутакалда бихха-хочи лъугьун букIана 257 росдаегун шагьаралъе.

    Гьединго ракь багъариялдалъун доб мехалда гIумруялдаса ватIалъана 45, лъукъа-къотIана 156, жанире руссине бакI гьечIого хутIана 45 азаргогIанасев чи.

   Выставкаялде рачIарал махIачхъалаялъулаз ракIалде щвезабулеб букIана ракь багъарараб къо.

    Музеялъул директор Зарема Дадаевалъ абуна гьаб выставкаялъул мурад бугила жакъа къоялда МахIачхъалаялдаги гьелда сверухъги ралел бакIал хасал нормабазда рекъон, щулаго разе ккеялде кIвар буссинаби. Щайгурелъул якъинаб жо буго нилъер республика ракь багъариялда хIинкъи цIикIкIарал бакIазда гъорлъ рикIкIунеб букIин. Материалалдаги барахщун, цебе батараб куцалда кин гьел минаби гьанир ралелали нилъедаги лъалеллъуха.

   Выставка халат бахъине буго апрелалъул байбихьуде щвезегIан.

   З. ХIАЖИЕВА