Цоял рачIана, цогидал ана

 

     Гьал къоязда ДРялъул хIукуматалда гьарурал хиса-басиязда рекъон, цо-цо хъулухъазде тIамуна цIиял чагIи, цогидал гьездаса махIрумлъана.

     Предпринимательлъиялъул ва инвестициязул рахъалъ гIуцIараб агентствоялъул нухмалъулесул заместительлъун тIамуна ХI.-М. ГIабашилов.

     Цевеги гьебго хъулухъалда вукIана гьев. ХIажи-Мурад ГIабашилов гъоркьиса бергьун вукIана «Лидеры России» абураб конкурсалда.

    ДРялъул хIукуматалъул председатель ГIабдулпатахI ГIамирхановас Ставрополь краялда вугев Дагъистаналъул вакиласул заместителаллъун тIамуна Сергей Могилинги Валерий Новиковги.

     Хъулухъаздаса нахъе ана кIигоял -лъай кьеялъулгун гIелмуялъул министрасул заместительлъун вукIарав Ширали ГIалиевги ДРялъул хIукуматалъул тIоцевесев вице-премьерасул кумекчилъун вукIарав МахIач МухIамадовги.