Жакъа шагьаралде хъван бана гIазу

        23 февраль квачараб бачIана республикаялде. Радалго базе лъугьана гIазу. Хъат-хъат гIадал гIазул хIулабаз гьабугьин бахчана сверухълъи, шагьранухазда къана цIер. ГIодобкъо букIиналъги батила, масала, тахшагьаралъул къватIахъ гьедигIанго гIемер гIадамалги машинабиги рукIинчIо, амма бугониги… Бугониги, гIураб квекIен гьабуна гьава-бакъалъ гIадамазе.

       Каспийскиялдагун МахIачхъала­ялда гьоркьоб бугеб цIияб шагьранухда къараб цIер сабаблъун, чанго машина цоцалъ речIчIана. Хушеталде сверулеб бакIалда, кьода цебе ккана цоги авария. Цоцада хадуб лъугьараб халатаб читIир сабаблъун, гIужда машина лъалхъизабун бажаричIого, гьоркьоб заман индал, данд тункана жеги чанго автомобильги.

     Буйнакскиялдагун МахIачхъала­ялда гьоркьоб бугеб габурлъи на­кIкIуца бацун бугин, цIодорлъи гьабейин хъвалеб бугоан социалиял гьиназдаги. Гьурал сабаблъун машинаялде тIаде гъветI бегараб хIужа ккана МахIачхъалаялъул Редукторазул поселокалда.

     Гьурал рахъун, мугIрузда ва гIодоблъиялда ругел чанго районалда ток свана. Канлъи къотIана МахIачхъалаялда аскIорго ругел поселоказдеги. Мисалалъе, Караманалда гIумру гьабун ругел гIадамазул гIарз буго гьадинги чанго къоялъ токги свинабун рукIарал жидее, 23 февралалда газги къотIизабунилан.

    

     Газалъул хъулухъалъ гьелъие гIилла баян гьабуна: «Чапаев» абураб, газ бикьа-къотIулеб станциялда реконструкция гьабулеб букIиналда бан, къотIизабунила жидеца гьеб, хадубккун газалъул тIадецуй цIикIкIинабиялъул мурадалда.

цIикIкIинабиялъул мурадалда. «Ремонталъул хIалтIаби гьаризе батун бугеб заман. ГIадатияб къагIидаялъ гьединал хIалтIаби цере гьарулаан хасел тIаде щвелалде. Бищун квачараб гIужалъ кин бегьулел гIадамал хинлъи гьечIого тезе? Курткабиги ретIун руго ниж рокъор. Лъимал хинлъи чIезабизе кIвелародайин абун доре-гьанире рекерахъдулел руго», — ян жиндирго рази гьечIолъи загьир гьабуна Караманалда гIумру гьабун вугев ГIалиев МухIамадица. Караманалда гIумру гьабун ругез абула жал ругила салул авлахъалде бахъун рехараб хьит гIадин, киназдаго кIочон тарал чагIи. БакIалъухъ балагьун гьел унел уго Хъумторхъала районалде гъорлъе, амма административияб низамалда рекъон, гьел кколел руго МахIачхъалаялъул администрациялъул къайимлъиялде.

      23 февралалде гьава-бакъалъул хиса-басияздаса хадуб 168 000 чи хутIана канлъиги гьечIого.

Гьелда бан хехаб куцалда «Дагъ­энергоялъ» хIалтIуде вахъинавуна жидерго 151 чиги, 52 техникаги. Гьедин 23 февралалъул сагIат лъаб­гоялдехун гьез лъазабуна ток гье­чIого хутIун рукIарал гIадамазул гIемерисезул (70 процент) рокъобе канлъи кьунилан.

24 февралалде нухазда ахIвалхIал жеги хIалуцанин абизе бегьула. Шагьранухазда чIвараб цIер битIахъе чини гIадин кенчIолеб букIана цо-цо бакIазда. Радал хIалтIуде унел гIадамазе кIудияб квалквалги ккана. Рес бугев чияс машина къватIибе бачинчIого тана. Амма жамгIияб транспорталъул рахъалъ гIураб хIалкъайги букIана.

Гъизилюрталдаса ЧIикIабе унеб шагьранухги заманаялъ къан бугин хъвалеб буго информациялъулал алатазда.

Гьеб киналдаго гьоркьоб таксиялъул бетIергьабаз щвараб ресалдаса пайда босичIогоги течIо. Цебесеб къоялъ цо рахъалдехун рекIаралъухъ босулеб букIараб, масала, 160 гъурщил бакIалда, гьанже 380 гъурущ тIалаб гьабулеб буго

Чаракъосараб хIалалде ккарал хвасар гьарулеб хъулухъалъул идараби, 23 февралалдаса нахъе хIалтIулел руго цIакъго кьварараб низамалда. «Россети Северный Кавказ» гIуцIиялъул гьариялда рекъон, нилъее кумекалъе жидерго хIалтIухъаби республикаялде рачIана «Чеченэнерго» АОялъги.

Ашахан Юсупов