Ресукъазе кумекалъе батула

Анкьазаргоялдаса цIикIкIун чиясе гьабула кумек

 

Дагъистаналда къанагIатги ватиларо «Инсан» абураб гурхIел-рахIмуялъул фондалъул хIакъалъулъ рагIичIев чи. Амма киназдаго гуро лъалеб гьелъ гьабулеб хIалтIул хIакъалъулъ. Фондалъул генералияв директор МухIамадрасул АхIмадовас бицухъе, 2011 соналда рагьараб гьелъул аслияб мурадлъун ва масъалалъун букIана закагIат бакIари ва гьеб мискинзабазе бикьи. «Гьелде щвезегIан закагIат бакIарулеб ва бикьулеб букIана мажгиталъул хIалтIухъабаз. Къойидаса къойиде цIикIкIине байбихьана закагIат кьолезул къадарги гьебго заманалда цIикIкIана гьелде хIажаталги. Гьединлъидал, чара гьечIого къваригIана гIадамаз бачIунеб закагIат цо бакIалде буссинабизе ва гьеб хIажатазе бикьулеб бакI рагьизе. Гьеб масъала тIаде босана «Инсан» фондалъ», — ан бицана М. АхIмадовас.

Байбихьуда фондалъ тIуразарулаан МахIачхъала шагьаралъул кумекалде хIажатал гIадамазул мурадал. Фондалъул хIалтIи цебетIурабгIан гьезухъе рачIине лъугьана республикаялъул цогидал шагьараздасагун росабалъаги кумек гьарун гIадамал. Гьелъ, хIажат бихьун, районазда ва шагьаразда рагьана фондалъул филиалалги.

Кумек хIажатал гIадамал гIарзаги хъван рачIуна фондалде ва бицуна жидеего бугеб къварилъиялъул. Гьелъул хIалтIухъан уна гьезул рокъове, балагьула гIумру гьабиялъе ва бетIербахъиялъе ругел шартIазухъ. МухIканаб халгьабиялдаса хадуб хIукму гьабула пуланав чи ресукълъиялде ккарав ва кумек хIажатав вугилан.

ГIемерав чияс кьолеб суал букIуна фондалде бачIунеб гIацул лъица ва кин хIисаб-суал гьабулебин абураб. МухIа-мадрасул АхIмадовас бицухъе, аслияб къагIидаялда фондалъе кумек гьабулеб буго гIадатиял гIадамаз. Гьезул мухIканаб хIисаб-суал гьабизе гьенибго рагьун буго бухгалтерияги. «Фондалде гIарац кьурав чи вачIине бегьула гьениве ва гьесда бихьизабула жинцаго кьураб гIарцул мухIканаб хIисаб. Нижеца хIисабкьола налогазулаб инспекциялде, пенсиялъул фондалде ва Россиялъул Юстициялъул министерствоялде», — ян бицана фондалъул генералияв директорас.

Жакъа къоялде ругел баяназда ре-къон, фондалъ кумек гьабула анкьазаргоялдасаги цIикIкIун чиясе. Гьезда гьоркьоса кIиазарго чи ккола цIакъго кумек хIажатавлъун.

ТIоцебе фонд гIуцIараб мехалда гьелъул аслияб масъала закагIат бакIари ва гьеб хIажатазе щвезаби букIун батани, хадуб цIикIкIана фондалъ гьарулел хъулухъал. Масала, гьединазул цояб ккола фондалъул хIисабалда ругезе медицинаялъулаб хъулухъ гьабиги. Гьеб мурадалда щулияб бухьен ккун буго республикаялъул СахлъицIуниялъул министерствоялъулгунги. Руго фондалъул сияхIалда ругел унтаразе чIобого медицинаялъулаб хъулухъ гьабулел тохтурзабиги.

ГIемер букIуна гIисиназулги чIахIиязулги пайда босулареб ретIел-хьит. Чанги чи вукIуна гьелда щиб гьабилебали лъаларевги. Гьединал ратани, гьезулги рес буго къваригIунареб ретIел-хьит фондалде кьезе. Гьенисан фондалъул хIалтIухъабаз гьеб бикьула хIажалъи бугел гIадамазе.

РахIматуллагь МухIамадов