Районаздаса харбал

Шамил 
 
Районалъул больницаялда тIобитIараб медхIалтIухъабазул данделъи­ялда кIалъалаго, ЦРБялъул бетIерав тохтур Ибрагьим Халиловас хIисаб кьуна гьабсагIаталда районалда унта-щокълъиялда сверухъ бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ.
— Районалда вуго 29542 чи. Гъоркьиса гьабуна 610 лъимер, хвана 180 чи. Диспансеризациялъ гъорлъе вачана 4931 чи ва 6309 лъимер. Гьебго заманалда районалда вуго онкологиялъ унтарав 177 чи. Лъимер гьабулеб ригьалда йиго 7329 чIужугIадан. Амма квеш ккараб жо буго ахIидалгIаги гьел тохтурзабазухъе рачIунгутIи. Гьеб рахъалъ гьабулеб бичIчIикьеялъулаб хIалтIи буго щвалде щвечIеб, — ан бицана бетIерав тохтурас.
Данделъиялда бицана сахлъи цIуниялда хурхарал кIвар бугел цогидал масъалабазул хIакъалъулъги.  
                                                                            * * *
23 февралалда ХIебда культураялъул кIалгIаялда тIобитIана рохалилаб данделъи. Гьениб районалъул школалъул учительзабаз бихьизабуна «ЧIаго хабалъ рукъуларо» абураб пьесаялдаса сценка. Рагъул байбихьиги, гьенире гIолохъаби тIоритIиги, рагъ лъугIиялъул рохелги загьир гьабуна ТIидиб росдал школалъул учительзабаз. Рагъул темаялда кучIдул ахIана ГьентIаса АхIмадова Кусумица, Ругъелдаса ХIажиев ГIабдулхIакимица ва ТIаса Бакълъухъа АхIмаев ХIажица. 
Районалдаса армиялда хъулухъ гьабулев 71 рагъухъанасе сайгъат гьарурал кучIдулги ахIана гьенир.