Районаздаса харбал

ЦIумада

14 февралалда ТIаса Гьаквари росдал бегавул Сулейман Сулеймановас росуцоязе хIисаб кьуна гъоркьиса гьабураб хIалтIул.

Росдал бюджеталда бихьизабураб гIарцул къадар букIана 1 млн 776 азарго гъурущ. 105 проценталъ ракIарун руго киналго налогалги.
ГIолилалги хIалае рахъун, гъор­кьиса росулъ гьарурал аслия­л хIал­тIаби ккола шагьранухал къа­чIай. Гьелъие районалъул нухазул фондалдаса 200 азарго гъурущги биччан букIана. Чабхилгун ракьул цIураб 200 КамАЗги чIехьана гьел нухазде.
ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутат ГIабдурахIман Камиловас сайгъат гьабураб тракторалъулги кIудияб кумек щолеб буго гьеб ра­хъалъ.
ЦIумада райадминистрация­лъул пресс-хъулухъ

БежтIа

Участокалъул бетIерасул ишал тIуралев ХIусен ХIайбулаевас тIо­битIараб данделъиялда аслияб суаллъун букIана КIудияб Бергьенлъиялъул байрамалде хIадурлъи гьаби.
ЦIи гьарун къачIазе руго бахIар­зазе рарал памятникал. Гьединго БежтIа участокалъул гIадамал гIа­хьаллъизе руго «Георгиевская ленточка», «Хвел гьечIеб полк», «Солдатасул карщ», «РакIалдещвеялъул вахта», «Бергьенлъиялъул байра­хъулал» абурал ТIолгороссиялъул акциязда ва проектазда.

Хьаргаби

МахIачхъалаялда, SMMET централда тIобитIана КIудияб Бергьенлъиялъ 75 сон тIубаялъул хIурматалда районалъул гIолилазда гьоркьоб интеллектуалияб хIай. Гьелъухъ ралагьизе рачIун рукIана районалъул имам ГIали-хIажи МухIумаев, «Аварал» абураб жамгIияб гIуцIиялъул председатель Арсен МухIамадов, райо­налъул гIолилал ва цогидалги гьалбал.
ХIаязда гIахьаллъана районалъул лъабго команда.
ТIоцебесеб бакIалъе мустахIикъ­лъана ГIаймаки росдал команда, кIиабилеб бакIалде бачIана Дарада-Мурада росдал команда, лъабабилеб бакI ккуна хъвартихьунисез.