ГIаздада хъещтIеялъул къецал

Ункъо соналъ гьоркьоса къо­тIичIого, щибаб хасало, Къамилухъ росулъ тIоритIула лыжабазда хъещтIеялъул рахъалъ къецал.

Щибаб гIелалда гьоркьор батIи-батIиял къояз тIоритIулел гьел къецазда гIахьаллъула школлъимал ва росдал гIолохъаби. Къамилухъ буго лыжабазда хъещтIеялъе санагIатаб бакIги, гьенир чIезарун руго хIа­жатал шартIалги. ГIолилалги лъималги разияб гьеб ишалъе квербакъулеб буго росдал администрациялъ, школалъ ва спорталъулгун лъикIаб гьоркьоблъи бугел росдал гIолохъабаз. Исанаги 17 февралалда гьенир цIалдохъабазда гьоркьор тIоритIана къецал. Гьенив гIахьаллъана Къамилухъ гьоркьохъеб школалдаса 19 цIалдохъан. Школалъул директор Камил Му­хIамадовас жинцаго гьарулел ру­кIана цIалдохъабазда гьоркьоб лы­жабазда хъещтIеялъе хIажатал ма­лъа-хъваял, бицунеб букIана хъещтIолеб нухда тунка-гIуси ккечIого цIуни-къай гьа­бизе кколеб къагIидаялъулги.
ЦIалдохъабазул гIумруялъул со­назухъ балагьун бихьизабун букIана гьезие хъещтIезе манзилги.
Къецазул хIасилалда тIоцебе­себ бакI ккуна Ибрагьим Му­хIа­мадовас, кIиабилеб бакI щва­на Башир ХIасановасе ва лъаб­абилеб бакIалъе мустахIикълъана Ми­ка­гIил Му­хIамадов. Бергьенлъи босарал спортсменазе шапакъатал кьу­на районалъул гIолилазул комитеталъул нухмалъулев Камил ГIалибеговас. Гьес абуна, тIолабго районалда хасалил спорталъул хIаял це­ретIезариялде районалъул нухмалъиялъ кIудияб кIвар кьолеб бугилан. ЧIахIияб гIелалъул спортсменазда гьоркьор къецал тIоритIизе руго гьал гIагарал къоязда.