Сайпудинил баракат

Гьал къоязда редакциялде кIалъан вачIана Гъуниб районалъул Гьонода росдал бегавул ХIажиев МухIамад. Гьес бицана исана риидал росдал цо авалалда бугеб трансформатор бухIиялъул хIакъалъулъ. Гьелъул суал тIубазе кIвелародайин анила райцентралде.

 

— Администрациялда абуна, районалъул токалъул управлениялъул нухмалъулевлъун цIияв чи тун вугин, гьесде аскIове айилан. Ана МухIамадов Сайпудинихъе. БитIараб бицани, дирго унти гьесда бицунеб мехалдаги божилъи букIинчIо гьес дир мурад тIубазе батилин абун. Нилъеда бихьулеб бугелъулха, вачIинахъего дур къваригIелги тIубан, мун рази гьавулел хъулухъчагIи жакъа къанагIалъун ругеблъи. ЦIияб трансформатор хIажат бугин абидал, бичIчIанин, тIубалин дур мурадилан рагIи кьуна Сайпудиница. Нуж бицун божа, нахъисеб къоялъго, бачун цадахъ монтеразул бригадагун вачIана гьев ва лъуна цIияб трансформатор. Гьале ункъо сон буго дир бегавуллъун вугелдаса, гьединав инсан вихьунго вукIинчIо.

 

Нижер росдал ва хас гьабун дирго рахъалдасан ракI-ракIалъулаб баркала кьезе бокьун буго гьесие. Росдал гIумру цебетIеялъе чара гьечIого хIажатал квегIенлъабазул аслияб лъабго жо босани, токги, лъимги, нухалги ругин абуни, мекъи ккеларо. Токги буго бищун бетIер унтизабулеб масъала. БитIахъе гIиндамес бакъвазабула халкъалъ росулъ ток свани. Гьединлъидал цIакъ чара гьечIого хIажат букIана трансформатор, — илан бицана М. ХIажиевас.

 

Гьесул гьариги тIубазабун, Сайпудинилгунги бухьен гьабуна нижеца.

 

— ГIемераб мех гьечIо дир гьаб хъулухъалде вачIаралдаса. Амма гьаниве вачIараб къоялъго дица диего рагIи кьуна, метер Аллагьасда цеве щвараб мехалъ, Гьев разилъулеб хIалалъ гьабизе дидаго тIадкъараб хIалтIи. Бажарулеб бугони духъа Аллагьги, гьес рижарал лъагъзалги рази гьарун, сунца дуе квалквал гьабизе кколеб гьелъие? Гьединлъидал дицаги ракIбацIцIадго тIубазе хIаракат бахъулеб буго тIадкъараб хIалтIи. Гьаниве дун вачIун гIемераб мех иналде, Гъуниб росулъги букIана бухIун трансформатор. Районалъул нухмалъулесул заместитель вукIана цIакъ чара бухIун, гIагараб заманалда роцIинабун бажарулареб масъ­ ала гьеб бугеб гIадин. Дица гьесда гьикъана кигIан мехин бугеб дур гьанив хIалтIулевилан абун? Микьго сон бугин жаваб кьуна, дир микь­ го къо бугин абуна дица. Амма метерго гьанибе цIияб трансформатор бачIинабулинхаянги бичIчIизабуна гьесда. БачIинеги гьабуна. Бажаруларин, кIоларин иш тезе бегьуларо. Гьабизе лъугьани бажарулареб жо букIунаро. ГIицIго рекIелъ таваккалги, гьабулеб ишалде рокьиги, дагьа-макъаб букIаниги гъираги букIине ккола. Гьеб мехалъ кинабго рагIалде бахъуна, — ян бицана Сайпудиница.

 

ТIад квартIа кIутIизе бакI гьечIел рагIаби гьечIищха?!

 

Ашахан ЮСУПОВ