МухIидин МухIамадов: «ГьитIинаб ватIан цIунулев кIудиялъеги хилиплъуларо»

 

       Цо бащдаб сагIат гурони дица дур заман бахъинарин махсараги гьабун, рагьана дица ЧIарада районалъул бетIерасул нуцIа. Нижер гара-чIвари халат бахъун батана лъабго сагIаталъ. РакIалде щвезабуна цебесеб, бицана жакъасеб цебетIеялъул, масъалабазул, цIваби гIадал цIаразул, гьездаса бугеб баракаталъул, миллатцоял цолъун гьаризе бегьулел ишазул хIакъалъулъ. ТIад юссун диктофоналъухъ гIенеккидал, гьеб батана магIарухълъи къиматал, гьеб цIилъизабизе бокьарал гIадамазул накъит.

Узухъда, кIалъай букIана магIарул мацIалда, гьеб кинабго жакъасеб газеталда лъеларо, лъуни проекталъе кьураб ункъо гьумерги гьелъ цIела.

 

 

— Районалъул нухмалъуда вугел соназда жаниб бищун захIмалъараб рахъ, гьабун рагIалде бахъинчIеб хIалтIи кинаб хутIараб?

     — МагIарухъ берцинаб яшав гIуцIизе ккани, токги, лъимги, лъикIал нухалги гьечIого гIолареблъи лъалеб жо бугоха нилъеда. Гьеб лъабабго бутIаялдаса токалъул мухъал цIигьари – гьеб батана, кигIан яхI бахъаниги, рагIалде бахъунареб масъала. Цебеялде данде ккун гIемераб къадар токалъул бухIулелъулха гьанже щивав чияс. Токалъ хIалтIизабулеб гурони алат батуларо рокъоб. Районалъул бетIерлъуде вачIаралдаса нахъе дица гьеб бутIаялда бугеб масъалаялъул хIакъалъулъ бицун кагътал хъвачIеб идара, аскIове щвечIев хIаким хутIичIо.

      Нижерго ракьцоял, Пачалихъалъул Думаялъул, Халкъияб Собраниялъул депутатазул кумекалдалъун райцентралда лъун буго, анцIгоялдаса цIикIкIун миллион кьун босараб кIудияб трансформатор. Гьединго, нижерго гIадамазул хIаракаталдалъун росарал руго цогидал росабалъ хисарал трансформаторалги. Амма трансформатор цIияб бугони щиб, киса-кирего токалъул кварал, хIубал басралъун, тIутIун ругелъул. ГIемерисел бакIазда хIубал хутIун руго квараз ккун. Компьютерал хIалтIизаризецин токалъул къуват гIоларебги букIуна заман.

        Гьеле гьеб токалъул суал буго хIукуматалъул кумек гьечIого нижер хIал гIолареб рахъ. Санайилго ниж дандчIвала росабазул жамагIаталгун, щиб росулъе щваниги, гьеб суал борхула гIадамаз тIоцебесеб иргаялда. ГIадатиял гIадамазда кидаго гуро бичIчIулеб гьеб масъала тIубаялъул ихтияр дир яги цогидал районазул нухмалъулезул кверщаликь гьечIеблъи.

Россиялдаса рачIарал махщелчагIиги ахIун, хIисаб гьабуна тIубан ЧIарада районалда токалъул система цIи гьабизе унел харжазул. Гьел рахунел руго 250 миллион гъурщиде. Токалъул масъала – гьеб тIолабго республикаялъе гIахьалаб суал буго. ТIадчагIазда гьеб бихьулеб батила, гьез гьелде кIвар кьелин хьулги буго.

       ХутIарал аслияллъун рикIкIунел – нухал рахъиялъул, лъим бачиналъул суалал тIуразариялъе, жамагIатал гъункун, кумек гьабула. Гьанже гIадамаз гIемер хIаракат бахъулеб буго жидерго росдал гьумер, яшав берцинлъизабиялъе, барахщичIого гIемер харжал гьарулел руго жамагIаталъе гIоло. Мисалалъе, Рилъаб росулъ гьитIинаб жамагIат бугониги, нух цIи гьабиялъе гIемераб яхI бахъана. Гьединал мисалал росабалъ гIемерал руго.

— Масъала камураб росу букIунаро. Бугищ халатбахъун гьеб тIубан бахъинчIеб бакI?

      — Ракьазул масъалаги камулеб гьечIо цо-цо. Советияб заманалдаса нахъего гьеб рахъ жеги роцIунеб гьечIо республикаялда. Гьанже нахъа заманаялъ, гIураб росу буго нижер гьаниб Гьимикь абун. Кокрекалда рукIарал гIадамал тIад руссун магIарухъе рачIун, колхозалъул ферма букIараб бакIалда цо-цоккун мина бан, росугIанасеб бакI лъугьана. Амма административияб единица хIисабалда бихьизабун гьечIо жеги. Законалда рекъон бегьичIониги, байбихьул школаги рагьун буго гьениб. Чачаналъе гочинарураб мехалъ, гьезул росдал колхозги биххун, ракьал рикьун руго аскIор ругел росабазда гьоркьор. Гьанже гьеб росу бугеб ракь кколеб буго ГIириб советалъул. Законалда рекъон, гьеб росдае статус кьеялъул суал буго жеги цоцалъа бахъизе ккараб, цебе чIараб масъала.

          Гьединго, Бабаюрт районалда Мингосимуществоялъул ракьалда буго нижер Цадахъ абулеб росу, 900-гIанасев чи вуго гьенив гIумру гьабун. Бищун кIудияб гIаммаб магIишат (СПК) буго нижер гьениб. Нижеца мухь кьолел росдал бетIер, гьесул заместитель, культураялъул хIалтIухъабиги ругеб административияб единица буго гьеб. ГIадамал нижер руго, амма ракь нижер гьечIо. Жидерго рокъоб прописка гьабизе, рукъалъул зеленка гьабизе рес гьечIо анцI-анцI соназ гьенир гIумру гьабун ругел гIадамазул. Гьеб суалги хIукуматалъул кверщаликь буго, кигIанго бокьаниги, нижер хIалалдалъун роцIинабун лъугьунаро. Бабаюрталъул гIадамазе бокьилищ жидедаго гьоркьобе магIарул росу бачине, гьединго жидер районалда ругел ракьал нижее кьезеги разилъуларо. МиллатчагIи нилъ гуро, кин бугониги, гьеб суал борхизе рес буго гьениб. Гьеле гьедин, кIиябго росдал ракьазул масъала гъапуллъараб гIадин буго гьабсагIат.

— Росдал магIишат гIуцIиялъул, гIи-боцIи хьихьиялъул рахъ кин бугеб?

       — Советияб заманалдаса нахъего риххизе течIел, лъикIаб цебетIеялъул гIаммал магIишатал руго нижер. Аслияб къагIидаялъ гьел руго гъутабазда. Гьениб буго гIи-боцIи хьихьулеб ва бекьулеб 9563I гектар ракьул. Саламатго хайир кьолеб буго пиринчI бекьиялъ, гIибоцIухъанлъиги нахъе ккун гьечIо.

         Ижараялъе ракь босун кулаби цIигьарулел, гьенир гIи-боцIи хьихьулелги гIолохъаби руго магIарухъ. Санайил кIиго-лъабго грант тIалаб гьабула росдал магIишаталда хIалтIулезе. Гьеб щвараз лъикIаб магIишат гIуцIулеб буго. БитIун бицани, ахихъанлъиялъул бутIаялда гIемер туркIи гьечIо. Гьединго магIарухъ тIубан лъугIун бугин абизе бегьула бугIа-ролъ бекьи. Жидеего гIурал бахчадул гурони, могьолал нигIматал рекьулел гьечIо гIадамаз. Нижер гьаниб гуребги тIибитIараб масъала батила гьеб. Цебе гIадин, захIмат цIан яшав гьабизе бокьулеб гьечIо гьанже. Ихдал-хасалихъе гъутабазде щола ниж, щибаб магIишаталде раккун, бугеб ахIвал-хIалалъул хал гьабула. Гъутабиги руго нижер захIматал бакIазда. Масъала буго гIиял рехъаби риидалил мучIдузде гочине нухал гьечIолъиялъул. Гьединлъидал машинабазда рехизе кколел руго, цIакъ гIемерал харжалги гьарун. Цо КамАЗ гIиял магIарухъе бачине ккани, 45 азарго гъурущ кьезе кколеб буго. МагIарухъе гочинабичIого, риидал гъутабаздаго чIани, ракъдалаб сон бачIиналъул хIинкъиги буго. Гьединал соназ гIи-боцIи хвеялъул хIужжаби цIакъго цIикIкIуна. Авлахъал лъалъазе рес гьечIо нагагьги бакIазда, гIицIго Аллагьас рахIмат кьеялде хьулгун рукIуна гIи-боцIухъаби. Гьаб лъагIалида жанибги, ракъдаллъи ккеялъ гIезегIан зарал ккана гIи-боцIухъабазе.

         Нахъеги тIад вуссун абила, ракьал рикьиялъул суал хIакимзабаз МахIачхъалаялда кабинетазда гIодор кIусун тIубан толеб буго. Малмулкалъул министерствоялъ байбихьудаса ахиралде щвезегIан мухIканлъи гьабулеб гьечIо гIи гочунеб нух бугел ракьазул. Кагътида номерал лъей гурони, жалго мугIрузде щун, «гьаб бакI нужер, гьаб нижерин» роцIинабичIеб мехалъ, гьеб суал масъалаялде сверулеб буго.

— РагIалде рахъарал, мун разиял ишал кинал ругел?

      — Жакъа къоялде гьабун рагIалде бахъаралъул хIисаб гьабураб мехалъ, гьаб гьитIинаб районалъул хIажалъаби тIуразе хIукуматалъ гIемер гIарац биччан буго. ГIайибал чIвазе гIедегIула нилъ хIукуматалда, амма транспорталъул налог кьезецин бокьуларого рукIуна. Ахирал соназ налогал ракIариялъул рахъалъ цебесеб кьерда руго ниж, росабазул бутIрузги яхI бахъулеб буго гьеб рахъ цебе бачине. Араб соналъ 50 миллионгIанасеб налог бакIарана нижерго гьаниб, гьебго лъагIалида жаниб районалъул хIажалъабазе 200 миллионалдаса цIикIкIун харжалги гьаруна. Гьелги аслияб къагIидаялъ нухал гIатIид гьариялъе, кьоял раялъе ва хъил тIеялъе. «Мой Дагестан, мои дороги» программаялда рекъон, лъикIалан сурсатал щвана нижее. Районалда жанире рачIунеб аслияб шагьранухда хъилалъул кIиабилеб гъатги лъолеб буго, цоги рахъаздаги жеги унел руго нухазул хIалтIаби.

        Росабалъ бакIарараб налог жидеего пайдаялъе хутIулеб букIинги кидаго гуро бичIчIулеб халкъалда. ГьитIинаб-кIудияб росу батIалъи гьечIого, гьениса депутатас жамагIаталъе хIажатаб тIалаб гьабула. Гьезул суалал районалъул сессиялдеги росун, бищун чара гьечIеб масъала тIубаялъе гIарац биччазе хIукму гьабула.

        ГIемерал машгьурал гIадамал гьоболлъухъ ахIула нижеца. ЧIахIиял хIакимзабазда, хIурматиял гьалбадерида бихьизе мустахIикъаб хIалалда букIинчIо районалъул администрациялъул мина. Гьаб заманалда рекъон, киналго отделазе гIатIилъи букIунеб хIалалъ, гьеб мина бан бахъунеб буго. Дица абиларо нижеца цIакъго чIахIиял ишал гьарулел ругин гьанир, кин бугониги, районалъул гьумер, гIадамазул гIумру берцин гьабулеб гIезегIанго хIалтIи рагIалде бахъана тарбия-лъай кьеялъул, сахлъи цIуниялъул ва цогидал бутIабазда.

Гьеб киналъего нижерго ракьцояз, ай депутатаз, хъулухъ-ишалъ церетIураз кIудияб кумек гьабула. Районалъе гIаммаб ишалъе гуребги, гIемерав чиясе киридахъ квербакъулев чи вуго Халкъияб Собраниялъул депутат СагIдулаев МухIамад. Гьес районалъе гьабунщинаб кумекалъул хIакъалъулъ бицун хIал кIвеларо.

— Сундаса мун чIухIулев, МухIидин?

      — Нилъер гьитIинаб миллаталъул дунялалдаго рагIараб кIодолъиялдаса чIухIула. ХъвагIазе кIолареб, хIалихьатаб цIар гьечIеб миллат буго магIарулазул. Гьаб миллаталъул гурищ республикаялъул тарих, къадру борхизабулел гIадамал, цIарал кидаго рукIарал. КигIан кIудияв хIакимасухъе унев вугониги, дида кIочонаро дун щиб миллаталъул чи вугевали. Гьелъул къадруялда рукIине лъайги бажариги – гьеб буго цоги суал. Гьеб кIочене бегьуларо нилъеда, хадур гIун рачIунезеги миллияб кIваралъул бичIчIи кьезе ккола. Гьединго чIухIула чIарадисезул ракьалдаса дунго ватиялдаса, кир ругониги, дирго ракьцоязул цебетIеялдаса вохула. Нижеца кIванагIан хIаракат бахъула цIар рагIарал спортсменазулгун цоги машгьурал гIадамазулгун гIолилазул дандчIваял гIуцIизе. ЦIиял гIелазе мисаллъун рехсезе дагьав чи гьечIо нилъер. Хас гьабун чIарадисезул бицани, цоцалъ гъункарал гIадамал руго ниж. Политикаялъул яги цоги рахъазда рагIи дандеккунгутIи букIине бегьула нижер, амма ахиралда цо гIаммаб, киназего пайдаяб пикруялде рачIуна. Гьеб миллатчилъи гуро, нилъерго ватIан бокьи буго. ГьитIинаб ватIан цIунулев кIудиялъеги хилиплъуларо.

— Нилъер заманаялъ гIадамазулъ дуе рихараб гIамал?

      — ГIадамал мукъсанлъун руго, цере гIадинал ракI гIатIидал гьечIо. МагIарухъгицин гьединал гIадамал ратидал ракI унтула. ГьитIинаб мехалъ мадугьаллъиго гIагарал чагIиян кколаан нилъеда. Гьанже жалго жидеего гIун руго гIадамал, цоцазул гIунгутIи хъирщун гьеб къватIиб чIвазабулеб буго. КIвар гьечIолъи, бергIорцIунгутIи – гьел гIаламаталги гIемер загьирлъулел руго.

— Сунца пашман гьавулев?

    — КигIанго дирго рекIее бокьаниги, кинавго чиясул мурад тIубазабизе рес гьечIолъиялъ. Халкъги тIад ругелги рази гьарун лъугьунарого букIуна. МагIарухъа гIадамал гочунел руго, росаби чIороголъулел руго – гьелъ пашман гьавула. МагIишат-яшав гIуцIулаго, гIаданлъи, гIадатлъи, чилъи билизе тун бихьидал, ракI унтула.

Гара чIвари гьабуна ПатIимат ГЬИТIИНОВАЛЪ.