ЖамагIат гъункулеб байрам

      ГIаздакьан баккараб дерец гIадин бачIана исанасеб их. Сверухълъиялда жеги хасалил кьер бугониги, оцбаялъул байрамал тIоритIулел руго росабалъ. Их цIилъулеб гIуж цIакъго пашманаб букIана араб соналъ. МагIирукъаз къулизарурал, къварилъиялъ чIунтизарурал ракIал чIаголъизариялъул мурадалда гIуцIун батила гIемерисел росабалъ иса- на гьеб байрам.

      ГIемериселго бакIазда гьеб лъугьунеб буго ихдалил хIалтIабазе байбихьи лъолеб къолъун гуребги, росдал байрамкъолъунги. Гьебги квеш гьечIо, жамагIат данделъулеб, гIадамазда гьоркьоб гьуинлъи цIикIкIунеб буго.

      ГIемерисебго мехалъ гьеб тадбир тIобитIиялъе гьанже хIаракат бахъулеб буго жамагIат гъункизе бокьарав гIакъилав бегавулас яги жалгоги росабалъ гIурал, хадуб гIодоблъиялда лъикIаб магIишат-яшав гIуцIарал, бажари бугел гIолохъабаз.

        ЖамагIат разияб байрам букIана араб шамат къоялъ къаралазул бищунго кIудияб Гьочоб росулъ. Оцбаялъул байрамалъ данде гьарун рукIана магIарухъ ва гIодоблъиялда гIумру гьабун ругел росуцоял.

       Араб соналъул их цIилъулеб гIуж цIакъго пашманаб букIана гьенибги. ГIемерав чи вукъана гъоркьисала гьочосез. Исана ихдалил байрам гьабизе тIаде босана Гьочоса Расул ГIумаровас. Гьев вуго гугариялъул рахъалъ спорталъул мастер, бакIал раялъул ишалда вугев бизнесмен. Ахираталъул рокъоре арал эбел- инсул хIурматалда росуцоязе рохалилаб къо гIуцIизе пикру бижун буго гьесул. Байрамалъе хIадурарал игIланазул ахIи букIана «Гьочосел, цоцалъ гъункиялдалъун рази гьареги нуж Аллагьас», — абун. Берцин бихьана жамагIат гъункиялъе, эбел- эмен ракIалде щвеялъе васас бахъараб хIаракат.

       — Шагьрудин вукIана кутакалда кополав, гIадамазе къиматав чи, — ян бицана нижее, байрам гIуцIулаго Расулие кваранаб кверлъун вукIарав росуцояв, МухIамадзагьир Ибрагьимовас. — ГIумруго колхозалъул гIи-боцIухъанлъиялда арал, гьелъул баракаталда беричаб магIишат гIуцIарал гIадамал рукIана Расулил эбел-эмен. Жидерго мисалалдалъун магIна бугел щуго лъимал гIезаруна гьез. Цебесеб чанги лъикIаб гIадат кIочене тун буго магIарухъ. Нижер росулъги гIемерал сонал рукIана гьадин гIадамал ракIарараб аваданлъи тIобитIичIого. ГIадамазда гьоркьоб гьуинлъи цIикIкIунел гIадатал цIигьариялъе хIаракат бахъизе ккола гьанже гьоркьохъеб гIелалъ. Росдал байрам гIуцIулаго, районалъул маданияталъул хIалтIухъабиги гIахьал гьаруна гьочосез. Гьеб бутIа тIубаялъул иш тIаде босарай ЧIарада районалъул халкъияб театралъул режиссер, ДРялъул куль- тураялъул мустахIикъай хIалтIухъан Рашидат ГIалиасхIабовалъ бицана,

        Гьочоб гуребги, районалъул цо чанго росулъги оцбанкъо тIобитIанилан: Кьорощ, Дусрахъ, Гьидиб росабалъги букIана гьал къояз берцинго гIуцIараб оцбай, щибаб росулъ жидерго хаслъиги буго цIунун. Дунялалда пирилъун тIибитIараб гьаб унтиялъ ракIал рукIкIинарун руго нилъер. Бугониги, гIадамал кIудияб гъираялда гIахьаллъана. Гьочоб кIудияб хIадурлъигун, бечедаб программаги гIуцIун тIобитIана гьеб ихдалил байрам. Умумузул заманалъго гIадин, радалго росдал гIелас гIакIа бана оцбаялъул байрамалде рахъаян. Гьочосел тIуран макьидаса ригьиналде щибаб авалалде рагIулеб къелесезул зурмилги къололги гьаракьалъ диегоги батIияб асар гьабуна. Оцбай тIаде босарав Расул ГIумаровас ва гьесул гьудул-гьалмагълъиялъ, росдал нухмалъулезгун цадахъ, тIад кIалъазе бакI течIого тIобитIана байрам. ТIасияб соналъ оцбай тIаде босулезухъе лълъар бегьулеб лахIзатги букIана цIакъ берцинго гIуцIун. Гьочоб гIадат буго лъабго сонида жанир гьарурал лъималазул эбел-инсуца оцбаялда данделъарал гIадамазе садакъаде рикьизе нигIматал рачIунеб. Исанасеб оцбаялда гьитIичазде хасаб кIвар кьуна Расул ГIумаровас. Школалъул ригьалде рахинчIел росдал киналго лъималазе расанкIабиги рикьана гьенир.

         Умумузул квен-тIехалъул тепси, «Къаралазул гIор» фольклоралъул коллективалъул гIахьаллъи, къедерил зурмил некIсиял бакънал, миллияб спорталъул хIаял, бергьаразе къиматал шапакъатал -гьалбал гIемераб, жамагIат разияб къо букIана къаралазул росулъ. Гьединго байрамалда гIахьаллъана ДРялъул Культураялъул министерствоялъул вакилзаби, республикаялъул Халкъияб творчествоялъул рукъалъул хIалтIухъабазул къокъа.

        Оцбаялъул байрам лъугIарабго росулъа къватIире ине гIедегIичIо шагьаразда гIумру гьабулел гьочосел. Хадусеб къоялъ гьел данделъана, 2018 соналъ бухIун хадуб цIигьабун балеб, мажгиталда. Гьениб тIобитIана жамагIаталъего пайдаяб кIудияб тадбир.

 

      ПатIимат ГЬИТIИНОВА