ГIадамал дагьлъулел рукIин – бищунго захIматаб масъала

Шамил районалъул МачIада росу буго гьидерил жаниблъиялда, сверун рохьаз ккураб, гIумру гьабиялъе санагIатаб, тIабигIат берцинаб бакIалда.
Жакъа росдал жамагIаталъул гIумруялъул, администрациялъ гьарурал хIалтIабазул ва цере чIарал масъалабазул хIакъалъулъ бицун, нижеца гара-чIвари гьабуна бегавул ХирамухIамад ГъазимухIамадовасулгун.

 

— ХирамухIамад, МачIада абураб цIар кин бачIараб, гьелъул магIна щиб?
— ГIага-шагарго Х-XII гIасрабазда росу букIун буго Соло абулеб бакIалда. ГIумру гьабиялъе гьеб захIматаб бакI букIиналъ, 700 соналъ цебе гьениса жамагIат гочун буго Чолода абулеб бакIалде. Гьенив гьавун, гIун ва вукъун вуго машгьурав шайих ХIажи-Удурат. Гьев хвараб 1475 соналдаса нахъе, дагь-дагьккун, чолодисел рахъана гIи-боцIи хьихьулел «мучIдул» ругеб бакIалде, гьениб гIуна росу. Гьедин бачIарабин абула росдада МачIада абураб цIарги.
ХIажи-Удурат гуревги, нижер росулъа рахъана Дагъистаналдаго машгьурал исламалъул гIалимзаби ва церехъаби. Масала, ШейхмухIамад, ХIадис. Гьединго машгьурал гIалимзаби кколаан МачIадаса Багъужало, Шамил имамасул мурид МухIамадамин (Мурадило), ГIачурало-дибир, ШейхмухIамад ГIараб.

— Росулъ чан цIараки бугеб, гIумру гьабун чан чи вугев?
— Росулъ буго 120 цIараки, гIумру гьабун вуго 559 чи. Буго школа, лъималазул ах, амбулатория, культураялъулгун хIухьбахъиялъул центр, КЭМЗалъул ретIел букъулеб цех. Гьедин бугониги, росулъ гIадамал дагьлъулел рукIин буго бищунго захIматаб масъала.

— Сундаса бетIербахъун ругел росдал гIадамал?
— ГIемерисел руго гIи-боцIиги хьихьун. Росулъ буго ХIажиев ХIасанилги Тиручил ХIасанилги боцIи хьихьулеб фермерлъиялъул магIишатал. ХIебда росдал гIадамазе ва гьенир ругел лъималазул ясли-ахазе гьел магIишатаз чIезабула гьанги, рахьги, нахги, хIанги.
Хъутаналда буго колхозалъул букIараб магIишаталъул кьучIалда гIуцIараб СПК. Гьелъул буго гIи-цIцIаназул 1200 бетIер ва 93 чIегIерхIайван. СПКялъул председатель Якъупил Расулица щибаб соналъ жамагIаталъе хIалтIизабизе кьола кIинусазарго гъурущ.

— Щиб пишаялда ругел росдал гIолохъаби, гIадлу хвезабиялъул гIарзал рукIунищ?
— ГIемерисел гIолохъаби руго шагьаразда. Росулъ хутIаралги жиде-жидер ишазде руссун рукIуна. МашаАллагь, ахирал соназда къанагIатги ккечIо къватIибе бицине гIураб гIадлу хвезабиялъулал лъугьа-бахъинал.

— Бигьаяб гIумру гьабизе-йинги абун, росдал гIадамал гIатIиракьазде гочунел ругищ?
— Нижер росдал буго Гьидалъго кIудияб, хасалоги риидалги гIи-боцIи хьихьизе цIакъ санагIатаб мегIер, мучIдул, харибакIал, техника хIалтIизабун рекьулел ракьал. Пайда щиб, росдал магIишаталъул захIматаб хIалтIи гьабизе гIолилазе бокьулеб гьечIо. Ракь хIалтIизабиги, гIи-боцIи хьихьиги гуреб, росулъ гьабизе батIияб хIалтIиги кинабха букIинеб? Гьединлъидал бертин гьабун хадуб гIолилазул берал гIатIиракьалде гочине бокьун, Гьидерил кьода рукIуна. Гьеб «унти» сахгьабун бажарулеб даруги гьечIо.

— Бегавуллъун чан соналъ вугев, щиб гьабун бажарараб?
— Гьаб хъулухъалда вугелдаса дир буго щуабилеб сон. Бегавуласул аслияб хIалтIи ккола росдал гIадамазе гIураб къадаралда лъимги, токги, санагIатал нухалги чIезари. Росулъе бачун буго кIигониги лъел мухъ, кIиялъего гьабуна капиталияб ремонт. ДРялъул транспорталъул министрасул заместитель МухIамад ТIагьировасулги, Дагъавтодоралъул
отделалъул начальник МухIамад ГIункIилаевасулги жигаралдалъун ГьентIа-МачIада росабалъе унел нухал цIи гьарун къачIана. Жакъа нижер росулъе гIадал санагIатал нухал киданиги рукIинчIо ва районалъул цониги росулъе гьечIо. Планалде босун буго исана гьенибе хъил тIезеги. Шагьранухал руго росдал киналго кулабазде, рохьоре, магIарде, ахал-хурзабахъе, харибакIазде…
Гьурал рахъиндал ва токалъул кваразда гIазу-цIер чIвайдал росулъе ток къотIулеб букIиналъ, гIадамазул гIарзал камуларо. Районалъул токалъул подстанциялъул нухмалъу-лезда дандги бан, ниж хIалтIулел руго гьел гIарзал лъугIизариялда тIад.

— Гьидерил росабалъни киб гурин, районалдаго ратиларо нужер росдада жанир гIадал къачIарал нухал…
— Росулъ жанир ругел нухазул гIадамазе бугеб къварилъиги хIисабалде босун, районалъул бетIер МухIамад ХIасановас гьел къачIазе биччана микьго миллион гъурущ. Гьеб гIарцухъ росулъе рачIунеб «ГIобо» рагIалда абулеб майданалдеги росулъа унеб шагьранухлул 450 метралъул манзилалдеги, гьединго росулъ жаниб бугеб лъабго майданалдеги тIуна хъил.
Нижер буго гIатIилъиялда бараб росу. Чвахун цIадал райдал ва ихдал гIазу бииндал, лъим ине бакI гьечIолъиялъ, росдал къватIал лъел цIун рукIунаан. Нижехъе гьоболлъухъ вачIарав ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри ШихсагIидовасда рихьана гьединаб тIабигIияб балагь бачIиндал рахъарал суратал, бицана анцI-анцI соназ нижее бугеб гIакъуба-захIматалъул хIакъалъулъ. Гьес рагIи кьуна кумек гьабизе, бахъана проект, гIуцIана документал ва къватIазде тIуна 15-20 сантиметр биццалъиялъул бетон, киса-кирего лъуна чвахунцIадал райдал лъим жанибе унел рогIрал.

— Росдал администрациялъ гьаризе тIаде росарал хIалтIаби кинал ругел?
— Гьаризе ккарал хIалтIаби жеги гIемерал руго, амма къваригIунеб къадаралда гIарац гьечIолъиялъ буго квалквал гьабулеб. Масала, хасало росдал цо-цо авалазда лъим гIоларого букIуна, гьединлъидал нижеца хIадурулел руго 7,5 километралъул манзилалда магIардаса лъим бачиналъе къваригIунел документал. Ракьалда гъоркьан гьабуна канализация, гьелъул хъубаб лъим бацIцIад гьабиялъе бакI баялъе документал хIадурулел руго. Культураялъул министерствоялда руго росдал Культураялъул кIалгIаялъул минаялъе капиталияб ремонт гьабизеян хIадурарал документал. Тохтурасулаб амбулаториялъул минаялъе капиталияб ремонт гьабизеян хIадурарал документал руго Сахлъи цIуниялъул министерствоялда. Сельхозстроялъулгун къотIи-къай гьабуна тIадеялъул росдал футболалъул майдан цIи гьабун къачIазе. ТIаде босун буго тIадеялъул росдал кIиго къватI къачIазе. Чара гьечIеблъун ккола, цере рукIараб гIадин, умумузул букIараб лъел гьобоги корги цIи гьабун къачIаялъул хIалтIи. Исана лъугIизе ккола росдал тIарада балеб хIавузги, росдал администрациялде цебе букIине бугеб шагьаралда гIадал шартIазул лъималазул майданги.

— Росулъ гIадамазе хIалтIи гьечIилан абуна дуца. КЭМЗа-лъул цехалда ругогури хIалтIизе бакIал…
— Цехалъул хIалтIуе коронавирусалъул бугеб хIинкъиялъги гьабуна кIудияб квалквал. Нижер росулъ ретIел букъизе махщел бугел чагIи гIоларого рукIиналъ, цехалда хIалтIизе рачIаян абун, сверухъ ругел росабазул гIадамазде хитIаб гьабуна. Рес буго гьел гьаниреги нахъеги машинабазда рачине, пайда щиб, рачIунел гьечIо.

— Кьишни-къулалъул масъала кин нужеца тIубалеб?
— Гьеб масъала цебего къараблъун рикIкIине бегьула. Нижер буго кьишни баччизе къачIараб лъабго полигон. Хасаб машинаялда моцIрода жаниб кIиго нухалъ щибаб минаялде аскIоре щун бакIарула ва полигоналде чIехьола кьишни.
Гара-чIвариялъул ахиралда бокьун буго, нижее гьабураб кумекалъухъ, росдал жамагIаталъул рахъалдасан баркала кьезе ДРя-лъул Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри ШихсагIидовасе, районалъул бетIер МухIамад ХIасановасе, ДРялъул транспорталъул министрасул заместитель МухIамад ТIагьировасе ва Дагъавтодоралъул отделалъул начальник МухIамад ГIункIилаевасе.