Загьруяб юк

Вьетнамалда, Ханоялде унеб поездалъул вагоналъул гIодор чIолеб бакIалда гъоркь бахчун батана «къираласул кобраби» абурал борхьазул цIураб ункъо хъап.

Маххул нухлул хIалтIухъанасул рагIабазда рекъон, гьелъул хIакъалъулъ лъазабун буго рихха-хочарал поездалъул пассажираз. Гьенире ахIарал транспорталда хIинкъи гьечIолъи букIинабиялъул хъулухъалъул хIалтIухъабаз хъапал рагьидал, гьезда бихьана борхьазул кIалазда скотч седон букIин ва гIадамазе гьезул хIинкъи гьечIеблъи. Хъапазда жаниб чан борохь букIарабали лъалеб гьечIо, амма борхьал жанир ругеб ункъабго хъапалъул цIайи букIана 45 килограмм. Гьезул бетIергьан ватичIеб мехалъ, маххул нухлул хIалтIухъабаз борхьал рохьоре риччан тана. ХIисаб гьабураб мехалъ, гьел рукIине ккола Ханоялъул рестораналде кьезе рачун унел рукIарал борхьал, щайгурелъул Вьетнамалда борхьил гьан рикIкIуна деликатеслъун. Амма борхьал чIвазе гьениб законалъ гьукъула.