Нуцалзабазул тарих ва гIумру данде гьабураб мажмугI

 

Гьал къоязда МахIачхъалаялъул «Россия – тарихияб парк» музеялъуб тIобитIана тарихчи ва публицист Маркъо ШагIбановасул «Аваразул нуцалзаби» абураб тIехьалъул презентация. Гьенив кIалъазе вахъанщинас лъикIаб къиматги кьуна тарихчиясул гьеб хIалтIуе. Ислам бачIиналдего цIакъго цересел гIасрабаздаса байбихьун, магIаруллъиялда рукIарал нуцалзабазул рагIа-ракьанде щвараб тарих кьун буго гьелда. Жинцаго Маркъоца бицухъе, 15 соналъ бакIарун буго гьес гьелъие материал.

— Амма аслияб куцалда цохIо гьелда тIадчIун дун хIалтIана ахи- раб лъагIелгун бащдаб заманалъ. Циндаго кинабго кодобе щоларе­ лъул, батIи-батIиял хIужаби, бая- нал ракIарулаго бана гьебщинаб мех. Гьеб гуребги, гIемераб заман бана басриял хабалалъ ругел заназда хъвай-хъвагIаял цIалулаго, цохIо нилъер гьанир ругел гуребги, Турциялъул хабзалалъ ругел заназулги гьабуна цIех-рех. Гьединго батIи-батIиял таблицаби гIуцIулеб, гьел дандекколагоги цIакъ гIемер заман балеб чIамучIаб иш букIиналъ гIураб заман бахъана. БукIаниги хIасил дун разияб ккана, саламатаб тIехь данде гьабизе кIвана, — ян бицана Маркъоца.

 

— ТIехь басмаялда бахъанин рагIидал, ракIалде ккун букIана гьениб аслияб куцалъ хунздерил нуцалзабазул хIакъалъулъ бицу- нел баяназ ккун батилин…

— Гьениб цохIо хунздерил тIалъиялда рахъарал гурелги, тIолалго авар нуцалбазул тарих кьун буго рагIа-ракьане щун. Гьенир руго Чачаналда рукIарал нуцалзабазул хIакъалъулъ баяналги.

 

ГIаммаб куцалъ босани, 26 росулъ ратана гьезул гIаркьелал. Дица цебехун абухъе, тIуванго дун гьеб тIехь данде гьабиялде вуссана ахираб лъагIалида жаниб. ЦIиял баянал исанаги щвана дихъе. Генеологиялъул формаялда хъвараб тIехь гьединаб жо букIуна, тIаде цIиял баянал кIиго-лъабго соналдасан цIигьаризе кколеб. Гьединаб, дагьаб чIамучIаб хIалтIиги буго, бугониги, ракIалде ккола гIемеравчиясе интерес букIинин гьелъул, — ин бицана тарихчияс.

 Маркъол цIияб тIехьалда хасаб бутIа ккун буго «Ункъракьалъ- ул нуцалзаби» абураб бетIералъ. Гьелъие хIажатал баянал ракIаризе тарихчиясе кумек гьабун буго ЦIумада районалъул Къедиса жамгIияв хIаракатчи ИсмагIил ГъазимухIамадовас.

Презентациялда гьес гьадин бицана гьелъул хIакъалъулъ.

— Аслияб куцалда гьезул (Ункъракьалъул) нуцалзабазул чIей букIун буго Чачаналъул Шарой районалда. Балагьараб мехалъ рукIа-рахъиналъул гIиллабазда бан батилаха, цIидасан Къедирего нахъруссун руго гьел. Гьеб ккола гIага-шагарго XVI-XVII-гIасраби, Шамил имамасул бетIерлъиялда мугIрузда гъазаваталъул рагъ ккелалде цебе. Чачаналъе гочи- налдеги Къеди рукIун руго гьел киналго. Чачаналде гьел гочунел рукIун руго, дида бичIчIараб бакIалдаса гIебеде, гьеб хинаб бакI букIиналъ. Кьиндал цIакъ квачараб бакI буго Къеди. Нижер доба абицин буго: «Къеди риидал хан, хасало лагъ вукIунин», — абун. Риидал тIабигIатги берцинаб, гьогьомаб лъикIаб бакI буго нижер мухъ, хасало гьениб цIакъго цIорон букIуна.

— Нужер Ункъракьалъул нуцалзабазул ахирисев вакил щив вукIарав?

 

— Гьел ккола Чупалав, Сурхай, Алдан, АмирхIамза ва жеги чанго чиги рехсолел руго дихъе щвараб баяналда. Гьел киналго Кавказалъул рагъул заманалда Шамилил муридзабаз чIван руго. Гьезул наслаби руго жакъа Чачаналдаги Къедиги. Къеди гьезул хIатта лъабго гIаркьелцин буго. Амма Хунзахъан рачIарал кинал, Къедиса рахъарал киналали мухIканго чIезабун гьечIо, дагь-дагьккун щвелел ратила баянал, — ин абуна ИсмагIил ГъазимухIамадовас.

 

Маркъол ишцояв, ахираб заманалда гьевгун цадахъ гIемерал бакIазде сапарал гьарурав, ДНЦялъул археологиялъул ва тарихалъул институталъул гIелмияв хIалтIухъан МухIамад ШейхмухIамадовасги гьадинаб къимат кьуна гьеб тIехьалъе.

 

— Маркъогун цадахъ гIемерал бакIазде щвана дун. «Нуцалзабазул тарих» тIехьалда тIад гьев хIалтIулеб куцги бихьана. БитIараб бицани, гьунар-бажари гьечIев чияс гьабулеб хIалтIи гьеб букIинчIо. Гьабуралъе къимат кьезе дун лъугьинаро, гьелъие къимат цIалдолез жидецаго кьезе тела. Амма дие абизе бокьун буго гьабуралдасаги жеги гьабичIеб цIикIкIун бугилан. Нуцалзабазул, гьединго магIарухълъиялъул тарихалда хурхараб гIемераб документ буго нижеца жеги бакIарун. Аллагьас хъван батани, гьелги магIарул мацIалде руссинарун, басмаялда рахъизе Маркъоеги, гьесие кумекалъе ратизе нижееги тавпикъ кьеги Аллагьас.

Цоги абизе бокьараб жо, нилъеда гьанжелъизегIан гIаданибе бугIулеб пикру букIана нуцалзаби ва ханзаби гIадамазе зулму гурони гьабуларел, гьел хIатIакь мерхьунел вахIшиял чагIи рукIанин абун. Гьединаб пикру лъун букIана нилъер ботIролъ гIемерал соназ. Амма тарихиял ва гIелмиял хIужабазул аслуялде раккани ва кодоре щварал документазул мухIканго хал гьабу- ни, бихьулеб буго кинабго нилъеда бицунеб хIалалда букIинчIеблъи. ГIурусалъ абухъе, тарих цIидасан хъвазе ккун буго. Гьелда тIад хIалтIулел, ай кьучIал, ритIухъал баянал ракIарулел руго нижги гьабсагIаталда. Хасго гьелъие кутакалда гъеж гурун буго Маркъоца. Гьев гIадин макьу, кIвахI тун хIалтIулев цоги чи дида лъаларо вугищалиги. Цо-цо мехалъ ккола кьижизецин заман батуладай гьесдайилан. Кида вихьаниги, Маркъо сапаразда, цIех-рехал, басриял заназул хъвай-хъвагIаял гьарулев, хIужаби ракIарулев вуго.

Аллагьас тавпикъ кьеги гьесие магIарулазул тарих цIи гьабизе.

 

А. ЮСУПОВ