Цоги гIумру ана ковидалъ босун

   Гъоркьиса 68 сон тIубана юстициялъул полковник ХIайдарбег ХIайдарбеговас. Исана 26 янва-ралда гьев ккана больницаялде – гьуърузул 15 проценталда ковидалъул унти хъинтIун бугинги абун. Больницаялда вукIаго, унти цIикIкIана ва ковидалъ «кванан» батана гьуърузул 95 процент. Тохтурзабазухъа бажаричIо гьесие кинабгIаги кумек гьабун.

    ДРялъул мустахIикъав юрист, низам цIунулел идарабазул ветеран, ритIухълъиялъе гIоло гIумру кьезе хIадурав инсан, кутакалда гIумру хирияв ва сундулъго жигараб гIахьаллъи гьабулев – гьединав вукIана ХIайдарбег. КигIан къеркьаниги, унтиялъукьа бергьинчIо гьев – хIиллаяб ковидалъ кIиго анкьалъги кIвекIун, ана абадияб дунялалде.

  Больницаялде ккелалде цебесеб къоялъ ниж рукIана цадахъ батIи-батIиял масъалабазул хIакъалъулъ бицунел, махсарахочI гьабулел. Нижер цонигиясда ракIалда букIинчIо гьеб ахирисеб дандчIвайлъун хутIулеблъи.

   ХIайдарбегил букIана лъикIаб гIумру. Гьеб байбихьана инсуца захIматалде рокьи куцаялдаса. ГьитIинав вугониги, цIодорав вугин абулаан МуртазагIалил васасда киназго ва хьулги букIана гьесул къадруяв чи вахъиналде. Советияб армиялда тIадаб борчги тIубазабун, ХIайдарбегица лъугIизабуна Астраханалъул цин гьоркьохъеб ва хадуб – Киевалъул тIадегIанаб милициялъул школа. ГIемерал соназ хIалтIана милициялда, прокуратураялда, цIех-рехалъул идарабазда. Гьесги хъизан Бахуцаги гIезабуна ва лъикIаб лъайгун тарбия кьун, гIумрудул нухда регIана лъабго вас. Гьезул цояс тIаса бищана инсул пиша. Ана ХIайдарбег, лъикIал ишазул гIемерал лъалкIалги тун, ракIалдещвеязулъ хасаб бутIаги ккун, пачалихъиял шапакъатазулъ къадруяб цIарги даим гьабун.

  Гьаб буго, Дагъистаналъе гIоло ракIбацIцIадго хъулухъ гьабурав, жиндаги тухумалдаги чIегIераб тIанкI лъезе рес течIев, гIадатияв дагъистаниясул биография. Цоги рахъалъул хIисаб гьабуни – гьаб буго вирусалъул унтул хIилларекIкI бергьиналъул хIакъикъат; нилъеца цIодорлъи гьабичIони, гьебги нилъеда гурхIунгутIиялъул гIаламат.

«ХIакъикъаталъул» редакциялъ ракI-ракIалъ зигара балеб буго ХIайдарбегил хъизамалдаги гIага-божараздаги. Аллагьас иманалда тIовитIун ватаги.

З. Ильясов