ХIурматиял магIарулал!

РакI-ракIалъ баркула нужеда тIаде щвараб цIияб сон!

Бокьун буго киназего гьаризе сахлъи, рохел, рекIее парахалъи, сабру.
ЦIияб соналъ Аллагьас щивав чиясул рекIелъ иман цIикIкIинабеги!
Унтаразе сахлъи кьеги, балагьал рикIкIалъаги, рахIматал гIагарлъаги.
ЛъикIаб гьабизе, квешаб тезе къуватги кьеги Аллагьас нилъее.
Нилъ кидаго рукIана байрахъулаллъун. МагIарулазе тавпикъ кьеги, умумуздаса мисалги босун, церехун ине!