105-сонилаб тарихгун

 

 

ХIурматиял редакциялъул хIалтIухъаби!

  «Заман» абураб цIаралда гъоркь (гьанже – «ХIакъикъат») магIарул мацIалда тIоцебесеб республикаялъул газета къватIибе бачIана 1917 соналъул лъабабилеб апрелалда Темир-Хан-Шураялда.

   105-сонилаб тарих нахъа тараб газета лъугьун буго республикая­лъул цIияб гIумруялда ккарал киналго лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ магIарулазе бицунеб аслияб алатлъун. Гьелда гIатIидго бицуна гьеб рахъалъ республикаялъул нухмалъиялъ гIумруялде бахъинабулеб политикаялъул хIакъалъулъги. Машгьурав революционер МахIач ДахIадаевасги Шамил имамасул вас МухIамадшапигIил яс Написатицаги хIадурулеб букIараб ва Рагъулабгун революциялъулаб комитеталъул (ВРК) политика халкъалда бичIчIизабулеб идара хIисабалда газеталъ рахъкколаан зулмуялъукь рукIарал магIарул мискинзабазул, ва гьединлъидал гьеб хехго машгьурлъана захIматчагIаздагун рекьарухъабазда ва чаракъосиналъ бечедал чагIазда цере мухьдахъ хIалтIизе ккарал гIадамазда гьоркьоб.

  СССРалъул Верховный Советалъул президиумалъул хIукму­ял­далъун, Дагъистан АССРалъу­л социалиябгун экономикияб ва культурияб цебетIеялъулъ лъураб бутIаялъухъ ва газеталъул 50-сонилаб юбилеялда бан, 1968 соналда «БагIараб байрахъ» газета мустахIикълъана «ХIурматалъул гIаламат» орденалъе ва 1978 соналда – РСФСРалъул Верховный Советалъул ХIурматалъул грамотаялъе.

 Исана газеталъ тIубана 105 сон, ва жакъаги гьеб хIалтIулеб буго Дагъистаналъул гIемермиллатазулаб жам­гIияталда дандчIвалел магIишатиялгун политикиял ва социалиялгун экономикиял, республикаялъул нухмалъиялъ СМИязда цере лъурал масъалаби тIуразариялда тIад.

Баркула редакциялъул хIалтIу­хъа­базда газеталъул 105-сонилаб байрам ва гьарула магIарул хал­къалъул миллиябгун маданияб хаслъи цIуниялъеги гьеб це­бетIезабиялъеги гьабулеб хIаракаталъулъ икъбал.

ХIурматгун

ГIабдуразакъ Жамалудинов, ДРялъул Информациялъулгун печаталъул агентствоялъул нухмалъулев.