ВатIаналде рокьи рекIелъ цIунарав

Дагьай цее Болъихъе щварай дида бихьана КIудияб ВатIанияб рагъул ветеранал ва 1999 соналда ккараб рагъул гIахьалчагIи ракIалде щвезариялъе бараб памятник. Гьебги бан буго Белоруссиялда гIумру гьабун вугев, ГIахьвахъ районалъул КIаратIаса Асадулаев Хизрица. Гьесул хIалтIудаса йохарай дица ракьцоясулгун бухьенги гьабун гьитIинабго гара-чIвари гьабуна.

 

 

 

— Хизри, бокьилаан Болъихъ районалда бараб памятникалъул хIакъалъулъ бицани.

— Кинаб бугониги конкурсалда гIахьаллъи гьабилалде цебе, цин лъазабула кьураб тема ва гьелъул хIасил. Цинги байбихьула хIалтIул батIи-батIиял къагIидаби цIехезе, эскизал гьаризе. Гьанибги гьедин букIана ва райадминистрациялъ тасдикъ гьабун хадуб байбихьана памятник гьабизе.

 

 

— 30 соналъ кин мун хутIарав Белоруссиялда? Гьениве иналъе гIилла щиб букIараб?

— 30 гуро, 40 сон бала тIадеялъул. Дун Минскалде иналъе гIайибай ккола дир чIужу, ПатIимат. 1981 соналъ дун, цIалиги лъугIун, росулъе тIадвуссана ва дихъ ялагьун йикIарай абурай ясги ячун, гьелъул гьариги къабул гьабун щвана гьанире. ПатIиматил гъира букIана Белоруссиялъул пачалихъияб институталде лъугьине.

 

 

— ГIагараб ВатIаналде тIад вуссине ракIалда бугищ?

— ВатIаналде ракI цIалареб мехго букIунаро. Вуссинеги пикру буго, амма гьаниб махщел цIубазе рес цIикIкIараб букIиналъ сабруялда вугоха.

 

 

 

— Школалда цIалулеб мехалда бокьулаанищ дуе суратал рахъизе, скульптураялде машгъуллъулаа- нищ?

— 4-5 классалда цIалулеб мехалда бижана дилъ рокьи скульптураялде ва анищ букIана гьеб махщел щвей. Жакъа дида абизе кIола дир анищ тIубанин, щайгурелъул, дир хIалтIаби руго батIи-батIиял улкабазул музеяздаги коллекционеразухъги. Дица гьарурал памятникал руго Минскалдаги, Москваялдаги, Дагъистаналдаги…

 

 

— ГьабсагIаталда сунда тIад хIалтIулев вугев?

— Гьаниб гIуцIун букIараб конкурсалда бергьана дун, ай Минскалда лъезе бугеб памятникалъул хIадур гьабураб дир проекталъул рахъ ккуна. Гьеб буго КIудияб ВатIанияб рагъул БахIарчи Ион Солтысасе (молдаванав) лъезе бугеб памятник. Гьеб лъолебги буго гьесулго цIар лъураб къотIноб. Молдавиялъул президентги вачIине вуго Минскалде гьеб рагьулеб къоялъ.

 

 

— Хизри, дурго ватIаналъе, «ХIакъикъат» казият цIалулезе щиб гьарилеб?

— Дица гьарила киназего талихI. Аллагьас цIунаги балагьаздаса. Иман щулалъаги. Баракат лъеги. Щибаб какда хадуб гьарула дица ракьцоязе сабру, сахлъи ва аваданаб гIумру. Казият цIалулезеги, гьелъул хIалтIухъабазеги, редакторасеги гьарула кинабго лъикIабщинаб, Аллагьас квербакъаги.