БецIдерил магъилъан уней йиго дун…

Рарал соназул тарих гургинлъулеб къо буго гьаб анкьалда ТубхIатил. Чан сон гьелъ барабали бицинаро, щайгурелъул дунгоцин божуларого йиго кIарчамай, чIурканай, чIороло гIадай ТубхIат гьел соназул борхалъиялде яхун ятилин. Амма хIакъаб жо — жиндирго гьунаралъул тIокIлъи, хаслъи гьелъ, лъагIалил щибаб хIокI нахъе толаго, миллатцоязе рагьараблъи. Цогидазда релълъинчIей, гьазухъего, дозухъего хъвадаризе лъугьинчIей, жиндир хатI билизе течIей — гьединайлъун лъала дида ТубхIат Зургьалова.

 

Горда лъураб тIогьоде
ТIинкIун ана дир магIу,-
ГIолохъанлъиялдаго 
ГIодана дилъ дир рокьи.
 
Сонги дун елъанхъана
ДунгIан талихIай гьечIин,
Нолъги макьу букIана 
ЙорчIизе бокьулареб… — гьал рагIабаз рагьана дие тIоцебе ТубхIатил цIар. Гьелъул ва дир гьалмагъ, цIакъ хехго нижедаса ятIалъарай ТIидиса Варашилазул Хадижатица ахIулаан гьеб кечI. Гьелъие хасаб бакъанги хъван букIана Хадижатил росулъа гIолохъанчи Ахбердило Ахбердиловас. 
РагIун гурони, рихьун шагIирзаби лъай — гьеб къанагIатаб иш букIана доб заманалда. РагIи дандбан мухъ хъвалевщинав чи шагIир вугин цевеги вахъунароан, шигIраби рагIун машгьурлъаразул кIудияб къиматги букIунаан. Гьединлъидал къиматалда къабул гьаюлаан гьидерицаги бецIдерил яс.
 
Хадур ниж щвана чIегIербарай ТубхIатихъе. Гьелъ цIаларал кучIдуз гIодизаюна эбела­лъул ками хехго лъан рекIел тIегь бечIарай дунги. Дицаго хъваралдайин ккана доб мехалъ гьелъ цIаларал кучIдулги.
— ЯчIа, ПатIимат, дихъе цоги нухалъ, цадахъ гIодила нилъерго улбузулги бицун, — ан абуна, къо-лъикI гьабулаго, гьелъ. 
Аваданлъиялъ, рокьуца гурелги, магIуялъги гIагар гьарулелъулха ракIал.
 
…Эбел гьечIел ясал, сордо рещтIиндал,
Дунги гъорлъе яче, чара холелъул.
Хъизан гьечIел яцал, цохIо хутIидал,
Дунги ракIалде щва, магIу тIолелъул… 
 
Улбул камуралщиназе гIахьалаб рекIел хIал. Бесдаллъиялъ хIал ккараб ракI магIие чучулаан, ТубхIатил кучIдулги цIалун. 
 
…Эбел, духъ бараб чIегIер
Бахъизе тIамуна дун:
ТIадегIанав Аллагьас 
Гьеб къабул гьабуларин…
 
…Бахъана чIегIераб кIаз,
Бахчана магIил партал.
Амма къоял анагIан
ЦIикIкIун камуна эбел… 
(«Бахъана чIегIераб кIаз»)
* * *
…Танкан дир ботIроде рещтIараб хасел,
Халатал сардазул магIил нугIищ мун?
ГIолохъанаб расулъ тIирщараб херлъи,
Долъул хвел бихьидал, баккарабищ мун?
 
Чохьол эбелалъул молоде къулун
МагIу гьабулей дир рагIабийищ мун?
Цинги, гьеб бихьиназ хъамун унелъул,
«Унге», — йин ахIдолеб дир гьаракьищ мун?
(«Дир гIолохъанаб херлъи»)
 
Дагъистаналъего загьирал гьунаразул гъамас гIадаб бакI буго БацIада росуян хъван букIана дица церегIанго соназ художник Наби Анкаевасул бицунеб макъалаялда. Гьеб гъансиний ТубхIатги халлъичIого кьураб къимат гъоб букIинищха. 
 
Дицаго ретIарал тIугьдуз берцинлъун,
БецIдерил магъилъан уней йиго дун.
ГIагараб ракьалде рокьиялъ йорхун,
Хурул кочIол мухълъун лъугьун йиго дун.
 
Дирго захIматалъул тIоцебесеб гIетI
Гьеб гъветIалъул рагIдукь дица бацIцIана.
Дора цере ругел рохьазул къиса 
Ссанда дий эбелалъ бицун букIана. 
(«Росдал магъилъ»)
 
…ЦIад балелъул, магъилъ лъалкI тана дица,
Гьеб гьитIинаб, гIицIаб хIатIил букIана.
Жакъа, кIодолъидал, гьеб батуларо,
Росдал гIумруялъулъ дун гьечIей гIадин.
(«Дир росу»)
ТIолайго ТубхIат гьелъул хасиятгун гIамал жиндирго шигIрабалъ йиго: росдахъ чIалгIен буссунарей, чIегIераб кIазикь яхчун, магIуялъ гIанаби чурарай, кьураб талихI бахчизе лъаларей, пашманлъи рагьун бикьулей, божилъи биличIей, таваккалалъ течIей. Жиндир ракIрагьиялъ рекIелъги йосана гьей гIадамазда. МагIарулазул гIаммал тадбиразе хасаб чIаголъи кьола гьелъул кIалъаяз, гъираялда гIенеккула махсараялъул лъугьа-бахъиназулъ гьелъ лъолеб гIакъиллъиялъухъ, гIумруялъул мисалазухъ.
 
Нуж щалали лъазе,
Лъилали лъазе,
Лъазе гьабе, бабал,
Эбел-инсул мацI.
 
Миллатго гьечIеллъун
ХутIунгутIизе,
Хвезе тоге, бабал,
Бищун лъикIаб мацI..
(«Дир гьайбатаб алипба»)
 
Лъимер гIадин дунгогицин йохана, ТубхIатил «Дир гьайбатаб алипба» тIехь тIоцебе бихьидал. ГьитIичазе гIуцIараб гьелда жаниб лъунщиналъул жакъа бугеб кIудияб кIвар! «МагIарул мацIалъул дарс цIале, бабу», — ян къвалалъ жийгогIанасеб тIехьги къан ячIунаан, жеги кIиго лъагIел бачIей нижер Алипай. ТIехьалда руго гьелъие рокьулел, рокьуларел героял, гьелдаса къецбан гьитIичаз рокъор рицуна хIайваназул, хIанчIазул, гъветI-хералъул цIарал, анкьил къоял, лъагIалил мехал. Ясли-ахалде щведал, гIурусабги лъан, гьанже кIичIизабун абула: пил-слон, гъалбацI- лев, хъартай-Баба-Яга абун.  
ГIурус мультиказада рагIулел гурелги, жидерго рахьдал мацIалда щибаб жоялда цIар букIин гьитIичазда лъалареб, лъазабизе хIаракат бахъулареб заман буго гьаб. Гьеб заманалда баккараб кутакалда хIажатаб тIехьги буго «Дир гьайбатаб алипба».
 
Лъаларо цогидазул иш, ТубхIатил гьеб захIмат кIудияб ишлъун бихьана дидаго. 
Гьеб тIехьалъ лъимадул гъира балеб бугеб куц цIидасанги тIаде руссине, «зинкIкIулел, барщулел, гогьдарулел, кьурдулел..» лъималазул дунял рагьизе. Жиндилъго лъимерлъи цIунарай ТIубхIатида кIун буго гьитIичазул ракIазулъе кьо лъезе. 
«Баргъич», «Эбелалъухъ чIвараб чIегIераб дир кIаз», «Дир жергъен», «Маржанал», «Дир гьайбатаб алипба»— магIарулазул шагIир ТубхIат Зургьаловалъул гьал тIахьал руго жакъа нилъеда цере. Рохелги пашманлъиги, чIухIигун чIалгIенги, ватIан бокьиги — тIолабго рекIел хIал къватIибе загьир гьабулаго, шагIиралъ къалмица расарал, цо-цо тIаде магIу щущан хъварал тIахьал руго гьел.
 
Эбелалде, ватIаналде, аваразул бахIарзазде гьарурал ТубхIатил кучIдул, цIиял куркьбалги гъун, ритIула гьунар бугел кочIохъабаз нилъер халкъалъухъе. 
Сардал рогьун, къоял рукIкIун, къулула гьей жинде аман гьарун рачIаразул мухъал къачIазе. ТубхIат лъалезда гьезулъ гьелъул хатIги халлъула. 
МагIарулал рохараб сухIматалдаги яги пашманлъаралъурги ТубхIат нилъеда ятула. Елъулаго, гIодулей, магIу бацIцIунаго, гьимулей, лъидаго релълъинчIей, гьечIого гIоларей чIурканай ТубхIат. 
Лъицаго хисуларо гьей нилъее магIарул шигIрияб дунялалда. РекIел къасдазда рекъон гIамал гьабизе, гьунар рагьизе баракатаб гIумру гьарила нилъеца гьелъие.