Сариназулъ ахIарай ГIабасиласул Савдат

Бегулеб буго «Гьудуллъи» журналалъул иргадулаб номер. Гьелъул жилдазул кIиабилеб гьумералда Дагъистаналъул халкъияв шагIир ГIабасил МахIамадие скульптор ГIали МухIамадовас гьабулеб бюсталъул сурат бихьидал, дир пикрабаз сапар цIидасанги ЛъагIилухъе бухьана. ЦIидасанги цеве вачIунев вуго шагIир ва цIидасанги рагIулел руго гьесул, тIабигIат цIилъулелъул, жиндир Савдатихъе раккичIого рукIунгейилан абулел рукIарал рагIаби…

 

Ва цIидасанги дица, дирго ругьелги босун, салам битIулеб буго гьей хIикматай чIужугIаданалъухъе.

ЙорчIами, Савдат! Гьалеха жакъа-ги бокьун буго дургун гара-чIвари гьабизе. Щайдай ГIабасиласе их хирияб букIараб? Щайгурелъул гьелдасан шагIирасда чIвалеб букIун батила жиндирго къисматалда бищунго гвангъарал лъалкIал толей йигей чIужугIаданалъул тIагIам. Маялъ ракьалде ячIарай дуца цадахъ босун бачIун букIун буго шагIирасул гIумру лъалъазе рокьиги, рокьул цIураб гъасда гьелегьараб цIа бакизе гIураб хинлъиги, ритIухълъиги, мугIрул чIужугIаданалда рекъараб мутIигIлъиги.
ХIурматияй Савдат-эбел. Дурго лъимал гьечIониги, лъималлъун рихьана дуда ниж, шагIирасул гьудулзаби. МагIарулазул аби буго «ЧIужу лъикIав лъикI вуго, чIужу квешав квеш вуго», — йилан абураб. Дуца наслабазеги магIарул адабияталъе-ги тIадегIан гьаруна ГIабасиласул цIарги къадруги.
Дудаса рикIкIад йикIиналъ, рес кколеб гьечIо бокьанщинахъе, ракIщванщинахъе духъе ячIине. Ахирисеб нухалда духъе щвана гъоркьиса.
— Вай, бабал тIанчIийиланги абун, мун данде ячIиндал, гьеб лахIзаталъ чIаголъи бачIана рекIелъе. Амма берзул хIоринисан тIинкIунго тIинкIун рачIунел цIакъго цIамхIалал ва рухIарал магIил гараз бицунеб букIана дур рекIел тIинда ГIабасиласул цIар хъвараб тах чIобого бугеблъи. Гьалеха живго шагIирги – жиндирго Савдат чиякъ теларилан, гьелда аскIов цохIо азбаралъувго вугев.
Гьале гьаб нухалдаги чIвалеб буго дида, Савдат, дур квераз бежараб чадил гьуинаб махI. Дир хирияй Савдат-эбел, бокьун буго цоги нухалда хIухьбахъизе ГIабасилавгун цадахъ дуца бараб гIаданлъиялъул сивуниб ва сас тун гIенеккун чIезе гIолилал ясазе дуца кьурал ва кьолел ругел гIумруялъул дарсазухъ.
Хъизан цIунизе кIвей, гьелъул
гъанситоялда чIаголъиялъул лъал-кIал тей, росасул цIар цIвабзазда аскIоб лъезе бажари – гьеле даимлъиялде ине ругел дур дарсал. Жакъа къоялъги гьезие ритIухъайлъун хутIун йиго мун. Дурго ГIабасиласе хирияллъун рукIарал гIадамал гьанжеги хириял руго дуе. ШагIирас гьаниб тараб рокьул цIадухъги кIусун, магIуги тIолеб батила дуца, пашманлъиги рещтIунеб батила духъе, амма дур къисматалъул цIва къобахъанагIан гвангъулеб буго.
Исана дуца балеб буго 85 сон. Гьеб 85-ябго хIокIалъулги буго щибалъул жиндирго къисматги къисаги. Биччанте ТIадегIанасул квербакъиялдалъун гIумруялда баракат лъезе ва гьелдаго цадахъ дур намусалъул байрахъги бищунго борхатаб сия-лъул тIогьиб парпадизе.
Гьале нахъеги шагIирасул хабада гьесул Савдатгун цадахъ.
Ва нахъеги рагIулеб буго жиндир Савдат чиякъ тогейилан щурулеб шагIирасул гьаракь…