«Накалда лъун канги каранда лъун цIулги бичIана»

Терекалда канал бухъулел рукIаразул цояй – Алмахъалдаса Мусалаева ГIабидатил ракIалдещвеяздаса

 

Дица 13 сон бараб мех букIана гьеб. ЦIализе школалде уней йикIарай дида дандчIвана чода рекIун вачIунев Алмахъалъул сельисполкома-лъул председатель. Гьес дун школалде йиччачIого нахъюссинаюна, канал бухъизе ине кколинги абун. Гьедин ккана дун Терекалда канал бухъулезул кьеразулъе.

Ниж регулел рукIараб баракалда жаниб бакьулъ канал гIадаб жо букIана хала-халаса бухъун, жаниб квание цIа бакизе гьабураб. Цо рахъалда бихьинал регулаан, цогидалда — руччаби.
Радакь, жеги бецIаб заманалда вачIун цо чияс пещтIеро пулаан, хIалтIизе рахъайилан, хал гьабулаан гъоркь чи хутIун вугищали.
Сайдийилан вукIана гьенив нижер гIагарав чи. Цо къоялъ хун ватана гьев.
Каналалъуса тIаде носилкабаз баччулаан ракь. Нилъер тIолабго халкъ букIана гьениб. КIудияб, гIебаб, гъваридаб канал кин бухъун лъугIарабали лъаларо, цIакъ гIемераб ракь баччана гьениса…
Рокъоре рачIун хадуб, Шамхалалдехун канал бухъизе ритIаразулъги йикIана дун. Гъоя унтун хвана ГIабдулатIипил яс СагIадат. Чорокаб лъим букIана гьениб гьекъолеб. МоцIгIаги бан батила гьенибги. ИсмагIил абун нижехъа чиги хвана гьенив унтун.
Терекалъул каналалда хIалтIулаго, руччабазул бетIер, ретIел хъахIлъун букIунаан нацIица. Бихьиназцин тIаса бахъун ретIел кIобокIулаан, хъахIаб гIаздал кьер хисизабулаан гIодобе гъенараб нацIица, руччабазе гьедин кIобокIизе санагIалъи кколароан. Нахъруссун рачIунаго, цадахъ рукIарал руччаби, гьанжесеб Ленин-аулалде щведал, гьенив вукIарав гьоболасухъе руссана. Ниж цоцазда рихьичIого, гьел цере ун ратана.
Балагьидал, Шайихасул хоб бугеб бакIалде щун, цояв вихьана. Гьесда хадуй гъезе гIедегIана дун… Гьев вугоан Алмахъалдаса Илияс. Дунги эхеде уней йигин, цадахъ вилълъа-йилан абуна гьесда. Гьес абуна жив гьанив гьоболасухъго чIелилан.
Кин букIаниги, Албурил отарал-де щвезегIан гьев цадахъ вачIана. Гьениб иццухъе щведал, жиндир как кватIулеб бугилан, гьенив чIана Илияс. Гьениса нахъе ЮртагIавухъалде гьевги ун, дунго цохIо эхеде ягъа-рана, гIазу бараб мехги букIана, данде ккана цо чи. Гьев ватана ГIадилхан. Гьев цин виххун ккана, дун дандчIвайдал, жен батилин, хIинкъун. Гьев данде ккедал цIакъ йохана дун. Гьев дандчIвачIевани, мекъиги ун, Расулил свериялда ругел гьабзазде тIаде кколей йикIун йиго. Гьел рукIана чода рекIарав тIаса вахъулел тайпаялъул квешал гьаби, гьезухъе щун йикIарайани, чIаго толароан.
Мун гIадинал ясалги ругин ро-къор, жидехъе йилълъайилан абулеб букIана гьес. НацIица цIун, чиясде тIаде унедухъ йикIинчIо дун.
ГIемераб захIмалъи, ракъи бихьана. Гьелда бан дир эбел Месе-йица абулаан: «Накалда лъун канги бичIанила, каранда лъун цIулги бичIанила», — ян.
Колхозалда 30 соналъ хIалтIана. Буго щуго медальги. Гьелдаго гьоркьоб буго рагъул заманалда Терекалда канал бухъизе индал щварабги.
P. S. ГIабидат канал бухъулей йикIана 1941 соналъул хасалихъе мехалдаса 1942 соналъул январалде щвезегIан. Амма гьелъул хIакъалъулъ хъвай-хъвагIай гьабурал документал кирниги ратулел гьечIо, медалал кьун ругониги. Гьединлъидал гьей тылалъул захIматчIужулъун чIезаюн гьечIо.