МагIарухълъи

ГIахьвахъ
 
Гьал къоязда районалда «БахIар­зазулгун гара-чIвари» абураб проекталда рекъон, КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчагIазул лъудбузулгун ва тылалъул захIматчагIазулгун дандчIваял тIоритIана. 
КIудиябросу ва ТIукитIа росабазул руччабазул советалъул вакилзаби, учительзабигун цIалдохъаби тылалъул захIматчагIазухъе щвана. ВатIанияб рагъул гIахьалчиясул лъади КIудиябросулъа Булбул Шариповалъ ва тылалъул захIматчIужу Меседо Турачевалъ бицана жидецаго хIехьезе ккараб кьогIаб къисмата­лъул хIакъалъулъ. 
 
Рагъул кьогIлъи щвана щибаб ро­сулъе, щибаб хъизамалъухъе. ЗахI­матаб гьир бегана кодор гIисинал лъи­малгун росабалъ хутIарал, фрон­тазеги жидерго хъизамазеги бе­тIербахъиялъе магIишат гьабизе ккарал руччабазул гъуждузде. 
ТIукитIа росулъа тылалъул захI­матчагIи ПатIимат ХIасановалъ, Ха­дижат МухIамадгIалиевалъ ва Има­гъази МухIамадхIажиевас ракIалде щвезабуна жидерго лъимерлъи.   
Рагъул гIахьалчагIиго гIадин, тылалъул захIматчагIиги жакъа ни­лъеда гьоркьор цIакъ дагь руго. Рагъ байбихьараб заманалда гьезул цо-цоял рукIана улбуллъун рахъарал, цогидаз бан букIинчIо 15 сонцин. Рагъ унеб букIаниги, школалда цIалиги рехун течIо гьез. ЧIахIиязда рекъон хIалтIулел рукIана лъималги. Рагъдаса хадуб чIунтараб улкаялда рухI речIчIизабиялъулъги лъуна гьез кIудияб бутIа.
 
Шамил 
 
Шамил райо­налъу­л Гьен­тIа ро­су­лъа ХIа­жияв Му­хIа­мадов, рос­дадаса 10 ки­лометралъ ри­кIкIад бугеб ХIарада ко­лодеги го­чун, гIи-бо­цIиги хьихьун вугелдаса саламаталго сонал руго. Гьес колода чIезарун руго санагIатал шартIалги.
КъогогIан соналъ гIияда нахъа вугев гьесда лъала гIи унтани гьаризе кколел дарабиги. 
 
— Нилъер умумуз гьабулеб бу­кIараб хIалтIи буго гIияхъанлъи. Лъи­дасаго нечезеги кколаро хIа­ла­лаб магIишат гьабулел ругони. ГIи хьихьиги, гьеб гIезабиги бу­го би­хьинчиясул хIалтIи, гьев хIин­къу­ларо гIазу-цIадалдасаги багIари-ква­чалдасаги. Нилъеего кваназеги щола рацIцIадал нигIматал, — ан бицана ХI. МухIамадовас.