ХIалиматил кечI

МугIрул чIужугIадан, гIемерал соназ
ГIодана поэтал, нужехъ ралагьун.
Нужер къварилъиги нужер къисматги
Къалмикье босана, угьдилаго гьез.
Расул ХIамзатов

Щияй чIужугIаданалъул букIуна жиндирго кечI. ЦохIо жиндиего хасаб. Жиндирго гIумруялъул кечI. Буго гьеб ХIалимат Жамалудиновалъулги.
Их рогьунеб гьаб гьайбатаб гIужалда, диеги бокьана 42 соналъ (1957-1999) магIарул газеталда хIалтIарай ХIалиматил кочIол сариназухъ гIенеккизе.
Гьале дун ХIалиматихъ гьоболлъухъ. Гьелъ цере росун рачIана «ХIакъикъат» газеталъул ва журналалъул церегосел номерал. Гьезул чангиялъул гьурмаздасан гьимулеб букIана ХIалиматил суратги.
ХIалимат газеталда хIалтIана лъабго бетIерав редакторасул секретарьлъун (МухIамад Шамхалов, ХIажи ГIарипов, ГIали Камалов). Гьединго гьей хIалтIана подчитчицалъун, техсекретарьлъун, корректорлъун, кагътазул отделалъул учетчицалъун.
— Доб мехалда дир къисмата­лъул талихI гьелчелеб букIана. Гьеб дагьабги тIокIкIараблъун гьабулаан гIумруялъул гьудул Зиявудиница. Гьесул берал къанщаралдаса, талихIалъул хIал дагьлъизе лъугьана. Гьединги абизе бегьилищха, кIиго васги гьезул хъизан-лъималги ругей эбелалъ. Бугониги, ни­лъеца, магIарулаз, абуларищха вас — эбелалъул чIухIи, яс — эбелалъул бухIи ругилан. ЦохIого цо йигей яс, эбелалъул дару-дарман, унтидал, бе­чIана гIумруги, чIунтана ракIги, рикь-рикьана пикрабиги, — ян къваридго бицана ХIалиматица.
ЧIухIиялдаса бухIи бергьиндал, гIодана гьелъул кечI. Гьелъул сариназулъ рагIулеб букIана ясалде бугеб гурхIелалъул ахIиги, рекIелъ гьалдолеб бугеб гьелегьараб цIадул бухIиги. МугIрул чIужугIаданалъул кечI гIодула, гIумруялъул гьир цIакъго бакIлъидал. Амма чIухIараб кечIалъ бетIер къулуларо. Гьеб гIодула, амма магIу, чияда бихьилалде, бацIцIуна.
МагIарул руччаби — батIи-батIиялги, цоцазда релълъаралги. Гьединабго букIуна кечIги гьезул.
ХIалиматил кочIол гъасде гьоболлъухъ арай дун ракIалдещвеяз юсс-юссун ялей йикIана.
Бицуна газеталда ХIали­ма­тил гьанжеги. Гьелъу­л ритIухъ­лъиялъулги, кIигьумерчилъиялде данде гьелъул букIараб къеркьеялъулги хIакъалъулъ.
— ЧIалгIун йиго газеталъухъги коллективалъухъги. Мун щва, дир яс, щибаб кабинеталъуеги ва дир салам бице киназдаго, дун лъалездаги лъаларездаги, — ян абуна ХIалиматица.
КIалдиб гьоцIоккун бицунеб букIана гьелъ газеталда араб гIум­руялъул хIакъалъулъ.
— Берккана дир талихIалда. ГIан­чIиялъги гогьлъиялъги беэдараб гьеб ахир-къадги ккана хьухьарал хьухьазул кверщаликье.
Бугониги, доб талихIалъул къатI­рабиги хутIун руго ХIалиматил кочIолъ. Газеталъулги коллектива­лъулги бицунелъул, кечI твархелеб букIана, гьеб басандулеб, кьурдулеб букIана.
Гьелъиеги бокьун букIана ХIа­лиматил хIакъалъулъ бицине, гье­лъул талихIал сонал ракIалде щвезаризе.
Дунги гIодана ХIалиматил кечI­гун цадахъ, йохана, гьелъул сарина­зухъ гIенеккунги. Бокьун буго ахIи­зе:
— ХIалимат, дур речIарал тIугь­дузе рогьеллъун батаги исанасеб их. Дур сахаватлъиялдаги сахлъиял­даги гьал ихдалил къояз бакъ ба­ккаги. Жеги ракъвазе регIичIел талихIалъул къатIрабаз лъалъаги дур гIумруялъул гIидра.
ХIалимат, дур кочIое нух битIаги.
Газеталъул коллективалъги би­тIу­леб буго духъе ихдалилаб салам.