Эбелалъ дир кинидахъ кучIдул ахIичIелани…

24 ноябрь — улбузул къо

 

Гьале исанаги тIаде щвана ТIадегIанас инсанасул гIумру берцинлъиялъе ракьалде йиччарай хIурулгIин, бищунго хIикматай, гIажаибаб гугьаралъул берцинлъиялъ сверухълъиго асир гьабулей эбелалъул байрам. Нилъер щивасул гIумруялъул тIехьалда буго эбелалъул магIуялъги рохелалъги хъварал тIанчал. Щивас зама-заманалдасан регула гьел тIанчал нахъехун.

Дида гьикъани, масала, ВатIан сундасан байбихьулебилан абун, дица абилаан эбелалъул гьимиялдасанилан.

 

Эбелалъул гьими 

Гьеб гьимиялъ, кверги ккун, нухарегIула нилъ заз-хъарахъалъулги тIегь-хералъулги цIурал гIумруялъул сухъмахъазде ва шагьрабазде. Нагагьлъун гьел нухазда лъимер тарани, гьимиялъ кьер хисула, гьелда чIвала свараб нур. Лъимералъул бадисан баккараб талихIалъул бакъул чIораз хьухьараб гьими даимго белъанхъизе ккани, лъималазги гьеб гьимиялде данде рехизе ккола рокьул чIорбутIал. Цинги гьимиялъухъе тIадруссине руго рохалил кьерал. Гурони, гьел кьерал магIица релъине руго.

 

 

Эбелалъул магIу 

 

Огьо-гьой! ТIухьигIан бакIабги, кваскасгIан тамахабги, гьоцIогIан гьуинабги, рикIкIгIан кьогIабги… БухIарабги, цIорорабги…

Дунялалъулго улбузул магIу цолъани, лъугьинаан ракьалда щуабилеб океанги. Киналго улбузе гIаммаб магIу жакъаг ахIделеб буго, гьарделеб буго улбузул цIаралдасан, жидехъа лъималазул талихI бахъугейилан.

ГIенекке цо лахIзаталъ – рагIулеб гьечIищ нужеда магIуялъул гьими? Лъалищ нужеда магIу кида гьимулебали? Гьай-гьай, лъимералъул талихIалдаса гIорцIулареб мехалда. Цинги ахIула гьелъ дунялалда бищунго хIайранаб кечI.

 

 

Эбелалъул кечI 

 

 

Ракьалде рещтIин тIоцебе лъимералда баркула эбелалъул кечIалъ. Унго-унголъунги гьелъулъ бугебщинаб къуват! ТIоцесеб иргаялда, гьеб къулула киниде. Цинги ахIула гьелъ кинида бущараб лъимералъе талихI гьарараб кечI. Лъимералдаго цадахъ кIудиябги гIола эбелалъул кечI. Зама-заманалдасан хIинкъунги лъугьуна гьеб, цо заманалдасан тIуркIизеги тIуркIула гьеб.

Гьеб кочIол куркьбаздаги рекIун, лъимерги эбелги щолелщинал бакIал. Раккула гьел анищазухъеги, кIетIола талихIалдаги, гьардола хьулаздаги, роржуна бакъухъеги, рещтIуна моцIродаги. Цинги жидерго цIваялда аскIоб рещтIенги гьабула. У. Эбелалъулги лъимералъулги цIваялда аскIоб. РоцIараб роол сордоялъ гьеб цIваялъул сариназухъ гIенекканищ нуж? Яги хасалил халатал сардаз гIаздаде данде кIарчамго цIикулел гьезул кечIалъ гъаргъар базабуларищ черхалда?

Ва цинги гьеб цIваялъ нах бахъула эбелалъул рекIелъе.

 

 

Эбелалъул ракI

 

 

Лъимералъул рекIел кIутIигун цолъидал, гьеб твархезе лъугьунеб куц! ХIалуцун кIетIолеб гьелъухъ гIенеккани, нилъеда цебе бачIуна эбелалъул хIасратаб сипат.

ХIалхьигьечIолъиялъ кIвекIараб, гIазабазда хIеккинабизе кIвечIеб, тIурараб макьуялъ гьурмада гIужал лъураб, лъимадуе абадияб талихI гьарулаго свакачIеб…

Дунялги цIола гьелъ, дангъуралъубги гьуна гьеб. Гьеб бараб буго лъималазда. Боржунебищ гьеб букIине бугеб, яги цо бокIнилъ тIепунищ.

 

 

Эбелалъул кверал 

 

 

Эбелалъул квераз щулаго ккураб лъимер. Гьезул хIеренлъиялъ гьеб беэдун толеб куц!

Гьеб лахIзаталъ гьезда рухIдаллъула жибго гIумругицин. Берккелин хIинкъараб гьеб сураталъухъ балагьун пикрабалъе кколеб батила жибго къисматги. Гьел квераз гьабураб кванил тIагIамалъухъ урхъарал лъималазул кIутIби. Гьезда кIудияб рокьул мугьру чIвала, бабал квераз кIиябго кIаркьенги ккун, гьабулеб гIажаибго берцинаб махIалъул убачалъ. Унха. Бабал убачалъ. Лъималазе талихI гIуцIулел кверазда рахъун рукIунелщинал согIалги пулалги. Гьел квераз гурищ бакулеб лъимадул талихIалъул гъасда тIоцебесеб цIаги.

 

 

Эбелалъул цIа

 

 

Эбелалъул гъансито. Лъимер дунялалде бачIиналдего, гьелъие хIадурараб цIадул кунчIиялъ гвангъизабураб. Гьеб цIадул хинлъиялъ цIорой хъвазе толаро лъимералда. ГIумруялъул гIансигицин биинабулеб гьеб цIадул гваргвариялъ гьури хъвазе биччаларо лъимадул талихIалда.

Амма цо-цояязда бичIчIуларо гьеб цIадул багьа. Даим бакахъе хутIизе бугеб гьелъул канлъи загIиплъула, кунчIи сун уна, гьеб цIадуде гъорлъе лъималазул цIаязул хIенхIалги журачIони.

ГIолохъанлъиялъ къо-лъикI гьабулелъулги, ботIрол расазда гIумруялъул савуялъ жиндирго лъалкIал толелъулги, нилъ нахъ ралагьула. Ва рикIкIадасанго нилъеда бихьула эбелалъ гъанситохъ нилъее бакун тараб цIадул кунчIи.

ЧIобогояб гъасда бакун хутIараб гьелъул чиякълъи. Чиякъаб гьелъул рукIунел чиякъал сариналги. Дирги ракI судизабула гьел сариназ. Гьел урхъун рукIуна лъималазул гьаркьихъ. Гъасда гьеб гьаракь къанагIалъанагIан, дагьлъулеб цIадул кунчIиялъги, кунчIи дагьлъанагIан беролеб цIадул хинлъиялъги васвасалъе ккезарула пикраби. Гьединал лахIзатаз нилъеда ракIалдещола, гьабизе ресги букIаго, улбузе гьабичIого хутIарабщинаб лъикIлъи. Цинги нилъ гIедегIула росдал рагIалда ругел хабзалахъе.

 

 

Эбелалъул зани 

 

 

Гьалеха доб магIу гIодулеб къваридаб лахIзат – эбелалъул зонода къвалги бан, гьейгун гаргадулеб мех. Нилъеда ракIалдещола гьейгун цадахъ тIамураб талихIаб гIумруги, гьанжего гьанже бичIчIизе байбихьула гьелъул кинидахъ кочIол магIнаги, гьелъул цIадул махIалъ цIала гIагараб гъасде. Берда цере паркъезе лъугьуна гIумруялъул сухъмахъалги. Цинги беразул хIоринисан гирунго гирун рачIунел магIил гараз гьелъул заниялда баарабго, тIуркIула нилъ. Ва сородулел, бабал убачалъухъ нахъеги урхъарал кIутIбуз щурула: «ТIасалъугьа, эбел», — илан. КватIунцин гьечIодай нилъ? Ва цIидасанги цебе бачIуна рукIкIалабаз басбасараб эбелалъул сипат.

 

 

Эбелалъул рукIкIалаби 

 

 

Унго, нужер гъварилъи. Унго нужер хIеренлъи. Унго, нужер гьайбатлъи, гIумруялъул улбузда гьурмазда сокIкIарал рукIкIалабазул. Гьезул щибалъул буго жиндирго тарихги, къисаги, къисматги.

Гьале гьаб цояб, цIакъго гъваридаб рукIкIел батила дир эбелалъул гьурмадаса. Лъималазул талихIалъул гьогьеналъул тIагIам кинаб букIунебали лъазе, гьелъул рагIдукьги бакъукьги хIухьбахъизе щвечIеб эбелалъул гьурмада букIараб гьеб ракIалдещведал, пашманлъиялъ ханлъи гьабула пикрабазда.

 

 

ХIурматиял цIалдолел!

Цо лахIзаталъ ракIалдещвезаре нужерго улбузул сипатал. Лъалищ нужеда кинал кьеразул ругел гьезул магIуги, релъиги, рукIкIалабиги…!?