Хунзахъа Америкаялда вугев гIалимчи

 

    Дагъистаналдаса рахъана дунялалдаго цIар рагIарал гIезегIан бахIарзал, космонавтал, конструкторал, гIалимзаби, художникал, спортсменал, тохтурзаби… Гьез бихьулеб лъалкIги тана дунялалдаго гIумру ва гIелму-лъай цебетIезабиялъулъ. СССРалъул ва Россиялъул халкъияб магIишаталъул кинаб бутIа босун балагьаниги, нилъер халкъазул вакилзабаз бихьизабуна чIчIел босизе ругел ресалги гьел гIумруялде рахъинаризе бугеб гъираги.

    Дагъистанги гьелъул культураги лъазабизе жидеца саламатаб бутIа лъуразда гьоркьов вуго Сахрат Хизроевги. Гьев ккола Америкаялда гуревги машгьурав гIалимчи, электротехникаялъул ва клеткабазул биологиялъул профессор. Гьев хIалтIулев вуго Флоридаялда бугеб Халкъазда гьоркьосеб университеталъул щивав чиясул черхалда рекъезабулеб наномедицинаялъул централъул директорлъун. Сахрат ккола СШАялъул цIи-цIиял жал ургъун рахъулезул миллияб академиялъул членги. Гьев гьавуна Хунзахъ районалдаса хъизамалда, 1970 соналъул 12 июналда. ЦIалана МахIачхъалаялъул №13 школалда.

    1993 соналда лъугIизабуна Москваялъул физикаялъул ва технологиялъул институт, щвана физикаялъулабгун квантовияб электроникалъул специалистасул махщел. 1996 соналда лъугIизабуна университет ва вахъана физикаялъул магистрлъун. 1999 соналдайин абуни лъугIизабуна Карнеги-Меллонил университет. Гьев ккола философиялъул ва электротехникиял гIелмабазул доктор. Сахратица хъвана 120-ялдаса цIикIкIун гIелмиял тIахьал ва макъалаби, ургъун рахъана батIи-батIиял алатал. Гьесул гIелму щулаго бухьараб буго медицинаялда хIалтIизарулел нанотехнологиязда.

    С. Хизроевасул гьунаралдалъун тIоцере рагьана квантовияб электротехникаялъул ва клеткабазул биологиялъул аслиял гIелмиял цIилъаби.

     2011 соналда С. Хизроевас жиндаго цебе лъуна захIматаб масъала – лъай кьеялъул ва медикоментознияб медицинаялъул бутIабазда дунялалъулго даражаялъул цIех-рех гьаби. Гьелда цIарги лъуна «персонализированияб наномедицина» абун. Гьес ва гьесул ишцояз ургъун рахъана инсанасул гIадалнахулъе риччалел рак унти сах гьабулел наночастицаби. Гьеб къагIидаялда рекъон кIолеб буго гIадалнахул хIалтIи бихьизабизе ва цого заманалда медицинаялъул дарабаз кинаб пайда кьолеб бугебали лъазабизе. Магнитнияб полеялъул частотабаздехун гьел наночастицабаз батIи-батIияб гIамал бихьизабулеб букIиналдаса пайдаги босун, гьениб рес баккула дараби гьечIого сахлъи рукIалиде бачIинабизе. «ГIадалнахулъе наночастицаби риччараб заманалда нилъеда бихьула гьелъул хьвадачIвади, ракалъул клеткабазул хIалтIи. Гьединлъидал нилъер рес букIуна гьенибе нейроналда жанибе хIажатаб дару биччазе. Гьебин абуни ккола операция гьабичIого, гьел клеткаби бокьараб лагаялда жанир чIвазе рес щвей», — ан бицана Сахратица.

    ХIайваназда гьабураб хIалбихьиялъ бихьизабуна ракалъул унти сах гьабиялъе гьеб лъикIаб, пайда цIикIкIараб къагIида букIин. Майамиялда гIалимзабаз гьеб къагIидаялъул пайда букIин бихьизабизе гIункIкIазул гIадалнахулъе биччана 20 миллиард наночастицабазул ва гьеб къагIида битIараб букIиналда ракIги чIана.

    ГIелмияб цIи рагьиялъул авторасул пикруялда рекъон, «нилъер гIадалнах буго гIемерал электромоторал гIадаб жо, амма гьелъул лъикIаб жо буго гьелда гIицIго «электрикияб тIабигIаталъул мацI» гуребги, «макъратIисалъул мацIги» лъалеб букIин. Электрикиял ва макъратIисалъулал зарраби бида гъорлъ гIадалнахулъе щведал, нейроналгун цадахъ журала ва нилъеда кIола къватIисан макъратIисалъул къуваталдалъун гьениб электрикияб поле бижизабизе ва гьелдалъун кварал гьечIеб къагIидаялда нейроналгун хIалтIизе. Гьелъ цIиял ресал рагьула инсанасул сахлъи щула гьабиялъе.

    СШАялъул Оборонаялъул министерствоялъ, Энергетикаялъул министерствоялъ, Сахлъи цIуниялъул миллияб институталъ, Калифорния, Флорида штатаз гьеб къагIидаялъул рахъ ккуна ва гьеб пайда цIикIкIараб бугин чIезабуна.

 Зикрула ИЛЬЯСОВ