ХъещтIеялъул къецал
КIудияб ВатIанияб рагъда бергьенлъи босиялъул хIурматалда 26 январалда БежтIа росулъ тIоритIана чангъазда хъещтIеялъул рахъалъ къецал. Гьезда гIахьаллъана Россиялъул БахIарчи ГIабдухаликъ Къурбановасул цIаралда бугеб школалъул цIалдохъаби.
Къецал гIуцIун рукIана Гьадахъиъ-Гигьдия кувакьа абураб бакIалда. Гьезда гIахьаллъана лъабкъогогIанасев цIалдохъан. Гьездаса къокъаби гIуцIана ва можоро рехана. Гьеб рахъалъ цIалдохъабазул гIадлу-низамалъул тIалаб гьабулеб букIана ОБЖялъул нухмалъулев Ражаб Ражабовасги физкультураялъул учительзаби СагIадула ГIарадаховасгун МухIамад Халитовасги.
ХIалуцарал къецазул хIасилалда васазда гьоркьор бергьана МухIамад Ражабов (7 "б" кл.) – тIоцебесеб бакI, ГъазимухIамад ГIарадахов (8 "б" кл.) – кIиабилеб бакI ва ГIалисканди ГIумаров (5 "а" кл.) – лъабабилеб бакI.
Ясазда гьоркьор – исана гьел гIахьаллъана тIоцебесеб нухалда – тIоцебесеб бакIалъе мустахIикълъана Хадижат Сомоева (5 "а" кл.), кIиабилеб бакIалъе – Хадижат. ГIумарова (6 "б" кл.) ва лъабабилеб бакIалъе – Жаннат МухIамадова (6 "б" кл.)