Бергьенлъи
«Россия – спорталъул улка»
Ульяновскалда тIобитIараб форумалда Владимир Путин дандчIвана
ХIабиб ва гьесул эмен ГIабдулманап НурмухIамадовалгун
Гьениб улкаялъул президентас ХIабибида баркана бергьенлъи ва гьадин абуна: «Нижеца халккун букIана дур цевевахъиналда хадуб. Дуца бихьизабуна унго-унгояб къеркьей ва бахIарчилъи», - ян.
Рингалдаса хадуб ккараб ишалъе къимат кьолаго, Путиница абуна, жинца ХIабибил инсуда гьарулеб бугин, гьелъухъ васасе кьварараб гIадлу гьабугеян. «Дуца тIубана аслияб масъала – мун бергьана. Гьеб бергьенлъиги букIана мустахIикъаб ва кьучIаб», - ан абуна президентас.