Маданияталда дур меседил хатI
- Воскресенье, нояб 27 2022
- Театр
- Comment (0)
- ПатIимат ГЬИТIИНОВА
МагIарулазул тIоцевесев режиссер ХIайбула ГIабдулгъапуров гьавуралдаса 80 сон ва халкъалъе гьесул гьунар рагьаралдаса 55 сон тIубай кIодо гьабуна Авар театралда.
Режиссер хIисабалда ХIайбула ГIабдулгъапуров халкъалъе рагьараб тIоцебесеб къо гьадин ракIалде щвезабун буго РСФСРалъул халкъияв артист, мунагьал чураяв МахIмуд ГIабдулхаликъовас «Дир театр» тIехьалда:
«Жиндирго творчествоялъулъ ХIайбулаца тIоцере тIамулел галаби ракIчIарал, букIинеселде кIудияб хьул бугел рукIана. Авар театралъул сценаялда ХI. ГIабдулгъапуровас тIоцебе гIуцIана жиндирго дипломалъудаб спектакль Р Фатулаевасул "МагIарулал". Бихьизабуна премьера. Баркалаялдалъун кьабулеб хъатил рохалил ахIвал-хlaл. ТIоцевесев магIарул режиссер тIоцеве магIарулазе бетIер къулизе сценаялде вахуна. Гьездехунги вуссун гьес абула:
- Хириял магIарулал, дида абулеб букIана бигьаяб гIадаб пьеса тIаса бищеян. МагIарулаз абухъе, хIамица гъоркье рехизегIан чоцаго рехи лъикIилан ккана дидаги ракIалде. «МагIарулал» абураб пьесаялдасан дида чIвана магIарул махIги, гьениб дида бихьана магIарул яхIги. Гьелъухъ балагьаразе дагьабниги гьелъ рекIелъе хинлъи ккезабун батани, диеги тIолабго коллективалъеги гьеб кIудияб рохеллъун хутIилаан. РакI-ракIалъулаб баркала нужее дир тIоцебесеб «лъимер» баркизе рачIаралъухъ», - ан.
ГIемерисебго мехалда юбилеял тIоритIиялъул цого хатI букIуна, рецц-бакъалъул кIалъаяз лъавудаса иналде ккезарула байрам бихьизе гъирагун рачIарал гьалбал. ГIабдулгъапуровасул юбилейин абуни гIадатго гIуцIун букIана. РукIинчIо чIамучIал кIалъаял, чIухIарал гьалбал, гьайбатал сайгъатал. Амма программа гIуцIун букIана гьениве вачIарав цониги чи рекIекълъуларедухъ.
ГIабдулгъапуровасда юбилейги баркун, баркалаги загьир гьабун, гьесул кверзукьан Авар театралъул сценаялде рачIарал классиказул асаразул, милла- талъул театралъул искусство цебетIезабиялъе гьес лъураб кIудияб бутIаялъул бицана директор МухIамад БисавгIалиевас, художествияв нухмалъулев МухIамадгIарип Сурхатиловас ва Шамил районалъул бетIерасулгун администрациялъул рахъалдасан сайгъат-саламгун вачIарав культураялъул управлениялъул начальник Гъапар ГIабдулмухIамадовас.
МагIаруллъиялъул гьаркьал, кьерал, бакънал, кьурдул расен, ракIазулъ лъалкIал тарал тарихалъул лахIзатал чIаголъана гьеб сордоялъ театралъул сценаялда. БатIи-батIиял соназ ХIайбулагьица лъурал спектакляздаса бутIабазги цIакъ хинаб асар гьабуна балагьаразе.
Юбилярасул гьитIинаб ватlaналдаса сайгъат-саламгун театралда рещтIараб Шамил районалъул фольклоралъул «Дагъбаш» ансамблялъул цебебахъиналъги хасаб рохел кьуна театралде рачIаразе. ЧIагояб зурмил накъиталъ некIсияб ретIа-къаялъул ясаз кьурдул горсверулъе вачана жидерго ракьцояв.
- Шагьаралда ругел магIарулазул ракIбатизабулеб гъанситолъун букIана ва буго кидаго Авар театр, - ин абуна Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул рахъалдаса баркизе цеве вахъарав филологиял гIелмабазул доктор МухIамад МухIамадовас. - Гьаб сценаялда ХIайбулаца лъуна нилъер миллаталъе хIажатал асарал. Нилъеда лъала, букIана заман хIукуматалъул низамалъ магIарулазул бахIарчияб тарихалъул рагьун бицине гьукъараб. Гьел соназ ХIайбулада ресал ратана нилъер миллатцоязе бищунго рекIее къабулал, Кавказалъул рагъалда, Шамилида хурхарал асарал сценаялде росизе. Бащдаб гIасруялдаса цIикIкIун заманалъ гьес нилъ ахIана берцинаб босизе, сурукъаб тезе.
- Дагъистаналъул маданияталъул тарихалда ХIайбула ГIабдулгъапуровасул гьунарги цIарги меседил хатIалъ бикIун бугин абуни битIараб букIина, - ян байбихьана жиндирго барки- ялъулаб калам «ХIакъикъат» газеталъул бетIерай редактор Зульфия ХIажиевалъ.
Гьенибго гьелъ цIалана тlолабго коллективалъул рахъалдаса юбилярасе битIараб гьаб Баркиялъулаб кагъатги:
«ХIурматияв ХIайбула!»
КIудияб адабгун баркула Дур гьунаралъул, гIумруялъул нухлул гьайбатал тарихал кIодо гьарулеб жакъасеб байрам!
МагIарулазул годекIанлъун бугеб «ХIакъикъат» газеталъе тIулбикьарав вац кинигин букIана ва буго кидаго миллаталъул гъансито – Авар театр.
Редакциялъул нахъраталил гъансиниб гIадин, тартибалда театралъул гIумруялъул тарих цIунараб бакI цоги батунгутIиги хIакъаб буго.
Бащдаб гIасруялдасаги цIикIкIун заманалъ магIарул газеталъул гьурмал бечед гьаруна, мил латалъул тIоцевесев режиссер ХIайбула ГIабдулгъапуровасул гьунаралъул, ишазул бицарал макъалабазги.
БатIи-батIиял соназ «ХIакъикъат» газеталда рахъана живго режиссерасул пикраби къалмиде росарал макъалабиги. Гьелъги бицуна, театралияб махщалил камиллъи гуребги, рагIул устарлъиги дулъ букIин.
ХIайбула ГIабдулович, 55 соналъ ургъизеги, релъизеги, гIодизеги, тIамуна дуца магIарулал, цIи-цIиял гIелал ругьун гьаруна театралияб искусство бокьиялде.
Сонал аниги херлъулареблъун, басралъулареблъун буго театралияб дунялалда дуца лъураб бутIа.
МагIарул гуребги, Дагъистаналъул цогидал миллатазул театраздаги дуца лъураб режиссерлъиялъул бутIа, гьезулги тарихалда тараб лъалкI загьираб буго республикаялдаго.
Дуе хIукуматалъ кьурал тIадегIанал цIараздаса, рикIкIен гIемерал шапакъатаздаса къуватаб лъун бихьула нилъер халкъалъ дур махщалил гьабулеб хIурмат.
Юбилейги баркун, нижеца гьарула, дурго ракIалъе рахIатги миллатцоязе рохелги кьолел ишазе къуват ва сахаб, баракатаб гIумру».
РукIана баркиял ДРялъул Культураялъул министерствоялъул, республикаялъул миллиял театраздаса махщелцоязул, ракьцоязул,гьудул-гьалмагълъиялъул рахъалдасанги.
Бищунго рекIелъ босана гIагарлъиялъ театралъул коллективалъе ва магIарул халкъалъе намусго загьир гьабураб баркалаялъул калам.
Тадбиралъул ахиралда живго ХIайбулацаги накучIван баркала кьуна магIарул халкъалъе, хи- рияб театралъе.

Оставить комментарий
Убедитесь, что Вы ввели всю требуемую информацию, в поля, помеченные звёздочкой (*). HTML код не допустим.
О редакции I Рекламодателям I Контакты