Вакцинадухъ сайигъат

      ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев С. Меликовас тIобитIараб данделъиялда хIукму гьабуна 60-ялдаса цIикIкIун сон барал ва вакцина гьабурал гIадамал рази гьаризе.

     Гьелда бан ДРялъул Информациялъулгун печаталъул министерствоялъ лъазабуна «Вакцина гьабуралъухъ – подписка!» абураб акция. Гьелда гIахьаллъана «ХIакъикъаталъул» бетIерай экономист СагIидат АхIмаддибирова ва гьелъие сайигъат гьабуна миллияб газеталъул лъагIалил подписка.