Сталинградалъул цIар тIад буссинадай?

 

БакътIерхьул улкабазда бугелде ва гьениб къиматаблъун рикIкIунелде дир рекIелъ рокьукълъи букIаниги, дие къа­булаблъун лъугьун буго гьениб дида бихьулеб ва нилъеца рахъ кквезе мустахIикъаб цо хIужа – доба хIукумат хиса­ниги, бетIерлъуде щив кканиги, хисизаричIого хутIула къватIазда ва шагьаразда лъурал цIарал. Большевика­зухъе улка ккедал советияб Россиялда лъилъулареб ун­тилъун лъугьун буго цIарал хисизари.

 

 

Дир пикруялда цо-цоял разилъичIого рукIинеги бе­гьула, амма ракIалде ккола цIиял вождал цIвабигIанги тIадегIан гьариялдаго ца­дахъ, хромалъул курткаби ретIарал дол комиссаразул букIанин цогидаб мурад – шагьаразул ва къватIазул цIаразулъ загьирлъулеб тари­хияб ритIухълъи гражданазул ракIазулъа лъугIизаби.

Байбихьи гьадин гьабу­ниги, гьебги гьоркьобе уна Сталинградалъул цIар хиси­забиялъул хIакъалъулъ гьа­ниб бицине бугелде. ХIурият бахъилалде цебе гьеб шагьа­ралда цIар букIана Царицын абун. Цинги советияб зама­налда лъуна Иосиф Сталинил цIар. Гьелдаса хадуб Никита Хрущёвас хисизабуна Волго­град абун.

 

Гьелъул хIакъалъулъ гIемер бицуна Бергьенлъиялъул юбилей кIодо гьабулебщинаб соналъ. Ва гьелдалъун хабар­ги лъугIула.

БукIана нилъер БагIараб Армия, вукIана ТIадегIанав БетIерав командующий, юби­леялъулал кIалъаяздацин гьанже цIар рехсоларев. Гьеб буго гIемерго гIажаиблъи гьа­бизе ккараб хIужаги.

 

Генштабалъул, ТIадегIанав БетIерав командующиясул, Оборонаялъул пачалихъ­ияб комитеталъул предсе­дателасул, Совет Союзалъ­ул нухмалъулесул ишал тIуразарулев вукIарав Иосиф Сталинил щибго гIахьаллъи гьечIогойищха фашиста­зул вермахт щущазабураб? Кинаб къуваталда бахчизе кIолеб, Черчиллил рагIабазда рекъон, «пуруцгун щвараб Россия атомалъулаб яргъи­далъун хьезабун» бажарарав чиясул цIар?

Гьанже тIад руссинин КIудияб ВатIанияб рагъул тарихалда жаниб бищун­го вахIшияблъун лъугьараб Сталинградалъул рагъул бициналде. Царицыналъул бакIалда Сталинград лъей большевиказул гъалатI букIун батилин тезеги бегьила. Амма Волгаялъул рагIаллъабазда рагъул кор боркьараб зама­налда, гьенир къеялъул за­рал гIемерго цIикIкIараб букIинаан, Москва тушмана­сухъе кьеялдасаги.

 

Гьеб шагьаралда лъун букIана Сталинил цIар. Гьан­же гьеб цIар цо кинабалиго къуваталъ къабихIаблъун лъу­гьинабун буго. Амма доб зама­налда Иосиф Виссарионович советияб халкъалъе вукIана къадруявлъун ва гьеб божу­лаан Сталинил рагIабаздаги гьесул ишаздаги. Гьебин абуни букIана Сталинград цIунун багъараб халкъ. Хал­къалда лъалеб букIана лъил цIар лъураб шагьар рокьукъав тушманасдаса цIунулеб бу­гебали. Гьайгьай, гьужумалъ унел лъицаниги тIамулел рукIинчIо: «ВатIаналъе гIоло, Сталиние гIоло!» – абун ахIизе. Хвалде унев чиясда гьереси бицинабизе лъидани­ги кIоларо!

Бергьенлъиялъул 70 со­нилаб юбилей кIодо гьабу­лел къоязда рагъул ветеранас Волгоградалъул цIар хиси­ялъул рахъалъ кьураб суа­лалъе Владимир Путиница гьадинаб жаваб кьуна: «Къа­нуналда рекъон, гьеб буго Федерациялъул субъекталъул ва муниципалитеталъул иш. Шагьаралъул гIадамаз, рефе­рендумги лъазабун, хIукму гьабизе ккола», — ян.

 

«Дун Сталинградалъул рахъалда вуго», — ян жаваб кьуна ветеранасул суалалъе «Сталинградалъулаб рагъ» музей-заповедникалъул ди­ректор Алексей Васиница. – Волгоград гуреб, Сталинград лъала тIолабго дунялалда. Нилъеца жакъа кинабго къу­ват кьолеб буго КIиабилеб дунялалъулаб рагъул бер­гьенлъи нилъер букIараблъи дунялалдаго лъазабизе, гьебго заманалда нилъеца­го свинабулебги буго гьелъ­ул кIодолъи, тIадегIанлъи. ТIадежоялъе, Волгоградалъул цIар хисизаби ветераназе би­щунго лъикIаб сайгъатлъунги лъугьина».

Алексей Васиница загьир гьабуна, гIемерисезда лъала­реб цо гьадинаб хIужаги: «1961 соналда шагьаралъул цIар хисизабиялъул хIукмуялде гъорлъе раккани, баянлъула КПССалъул Сталинградалъу­лаб обкомалъул членаз инкар гьабураблъи гьеб докумен­талда гъулбас гьабизе. Гьез­да гьоркьоса кIигояс гъулбас гьабуниги, гьеб хIукму зако­нияблъун лъугьунароан ва хисизабизе кколаан».

 

Гьединабго пикру загьир гьабулеб буго ГIурусазул пра­вослвияб килисаялъги (РПЦ). Гьелъул вакил Всеволод Ча­плиница абун букIана: «Ста­линград» абураб рагIиялъ гьанже гIумру гьабулеб буго, Сталинил цIаралдагицин хурхинчIого. Гьеб хурхараб­лъун лъугьун буго тIолабго дунялалдаго цIар рагIараб рагъулъ босараб бергьенлъи­ялда, нилъер тарихалъул цо бутIаялда», — ян.

Буго «тарихалъул ритIухълъи» абураб гъваридаб магIнаялъул кIиго рагIи. Гьел рухьинаризе бегьуларо цо чиясул цIаралда, гIадамазул цо къукъаялда, яги цо кинаб букIаниги партиялда. Тарихи­яб ритIухълъиялъул гьаракь дунялалдаго рагIизабизе кко­ла ВатIаналъул букIинеселъе гIоло. ЦIар рагIараб тарихалъ­ул тIанчазда чIегIераб тIанкI лъезе биччазе бегьуларо.