Цолъиялъул тарихияб байбихьи

 

Тарихалда рекъон, Дагъистаналъул ракьалда гIадамаз гIумру гьаби­зе байбихьун буго 150 азарго соналъ цебе. Гьелдаса нахъе батIи-батIиял къавмаздаса гIуцIараб халкъалъ нахъа тана цIар араб, бахIарчияб нух. Экономикияб, культурияб цебетIеялъулъ ккана кIуди-кIудиял хиса-ба­сиял. Берцинаб тIабигIаталъги, ракI рагьарал гIадамазул хасияталъги батила, Жебал Каф (Кафалъул мугIрул) абулеб ракьалде магърибалда­саги машрикъалдасаги гIалимзабазулги гIадатиял гIадамазулги пикру цIалеб букIана. Гьединаб гьитIинаб, амма гIемерал миллатазул гIадамаз гIумру гьабулеб ралъдал рагIалда бугеб нилъер ватIан киназего бокьу­лаан жидераблъунго букIине. Расул ХIамзатовас гьелъул бицунаго, «Дир Дагъистан» тIехьалда хъвана: «Дагъистаналъул доб заманалъул тарих цIалун хадуб дир инсуца абуна гьеб бугила гьекъолдухъабаз сто­лалда нахъа цоцахъе кьолеб лълъарилан».

 

 

Гьединаб кверщел гьабиялъул мурад букIана 1741 соналъул 12 сен­тябралда Дагъистаналде 100 азарго чиясдаса гIуцIараб аскаргун тIаде кIанцIарав Ираналъул Надир-шагьасулги. Кинаб хIасил гьеб рагъ­ул ккарабали лъаларев чи Дагъистаналда ватиларо. Шагь, гъурараб аскарги тун, тIурун ворчIана. Гьелдаса нахъе кIигогун бащдаб гIасру ун хадуб ХицIиб абулеб бакIалда гIуцIун буго гьеб рагъул хIакъикъат бицунеб, Россиялдаго цохIо бугеб музейги. Жакъаги магIарухъ абулеб рагIула «Надир-шагь гIадаллъун ватани, дагъистаниялгун рагъде вич­чай» — илан абураб кици. Гьеб рагъулъ якъинго бихьана нилъер халкъал тушманасде данде, миллат батIа гьабичIого, рухIалда барахщичIого, къеркьолел рукIараб куц.

 

 

Дагъистаналъул халкъазул III съезд – цолъи щула гьабиялъе аслу

 

Гьеб лъугьа-бахъин ккана 2010 соналъул 15 декабралда тIобитIараб Дагъистаналъул халкъазул III съез­далда республикаялъул халкъазул гьудуллъиялъул къолъун 15 сентябрь чIезабиялъе гIиллалъунги. Гьеб букIана ХХI гIасруялъул байбихьу­да нилъер халкъал цоцалъ разаризе бокьарал цо-цо мунапикъзаби рак­караб заман. ХIажат букIана милла­тазда гьоркьоб цолъи щула гьабизе. Гьеб пикруги загьир гьабун кагътал рачIунел рукIана республикаялъул нухмалъулезухъеги. РакIалда буго, гьединаб хитIаб букIана Дагъиста­налъул ЖамгIияб палатаялъул, Мил­лияб политикаялъул министерство­ялъул ва гьединго Дагъистаналъул Журналистазул союзалъул нухмалъ­улезул. Гьелдаса хадуб, тIадехун рехсохъе, съездалъул халгьабиялде босараб гьеб суалалда тIасан хIукму къотIана Дагъистаналъул халкъазул гьудуллъиялъул къолъун чIезабизе 15 сентябрь.

 

2011 соналдаса байбихьун, щибаб соналда гьеб къо кIодоги гьабула ре­спубликаялъул росабалъ ва шагьа­разда.

 

Гьеб къоялъул магIна буго Дагъ­истаналъул халкъазул цоцаде­хун бугеб божилъи щула гьаби, гьел цолъизари, гIицIго гьелъул кьучIалда гурони республикаялъул экономикияб ва социалияб цебетIей букIунарилан абураб.

 

 

Дагъистаналъул халкъазул мил­лияб цолъи цебе тIуна батIи-батIиял геополитикиял ва экономики­ял шартIазда, гьез цогояб, гIемер кIудияб гуреб ракьалда цадахъаб гIумру гьабулаго. Гьединлъидал жакъа нилъер рес буго нилъер хал­къазул тIолгодагъистаналъулаб цо­цазда релълъен ва бичIчIи буголъи загьир гьабизе. Гьелъул кьучIалда бижула тIолгороссиялъулаб цогогIадаб гъорлъ роси, мацIал, ада­бият ва маданият цIуни. Гьелда жа­ниб кумекалъе батулеб аслияб жо ккола нилъер гIумрудулал ва мил­лиял мурадал данде ккей.

 

Гьединлъидал республика­ялда нухмалъулезги хIаракат бахъула цо миллаталъул хасал мурадал, масъалаби цогидал мил­латазе заралги ккезабун гIумруялде рахъинарунгутIизе. Гьелде тIадеги, цадахъаб цебетIеялъулъ киналго республикаялъул миллатал цолъа­на цогояб, жидер хадусеб журарал ригьнал гьари тIадеялдаса тIаде цIикIкIунеб букIиналъ ва гьединго цогоял экономикаялъул ва полити­каялъул шартIал ругеб гIумру гьа­биялъ.

 

 

 

БичIчIи буголъи

 

Гьединаб политикаялъ халкъал рачуна цоцазе кумек гьабиялде. Масала, Новолак районалъул роса­би цо пуланаб гIиллаялдалъун цо­гидаб ракьалде гочинаризе ккараб мехалъ, лъарагIаз, Дагъистаналъул халкъиял депутутазул III съездалъул хIукмуялдалъун 1991 соналда гье­зие гьанжесеб Хъумторхъала райо­налъул ракьазул рахъалдасан кумек гьабуна. Гьеб ккола халкъазда гьор­кьоб цоцада ричIчIи букIиналъул хIасил. Гьединал мисалалги рукIаго, жакъа республикаялъул районазул цо-цо росабазда гьоркьоб гьитIинаб ракьул кесек, лъел ицц сабаблъун кколел дагIба-рагIиял къотIизаризе МахIачхъалаялдаса хIакимзабиги ахIун, тушманлъиялде иш ккезабизе бегьиладай нилъеца?

 

Дагъистаналъул халкъазул цолъ­иялъул суалалде гIелмияб кIвар бусинабурав машгьурав гIалимчи, профессор, мунагьал чураяв Р.М. МухIамадовас хъвана: «Дагъиста­налъул халкъазул тарих цоцалъ жубан буго бокьараб цо миллат букIиналъе шартIлъун киналниги цогидал миллатал чара гьечIого рукIине ккеялъул даражаялде щвезегIан», — ян.

 

Цо чанго соналъ цебе гIуцIараб Россиялъул президентасул «Рос­сиялъул миллатазул цолъи щула гьабиялъе гIоло» премия нилъер ракьцояв М. МухIамадовасе кьейги буго нилъер халкъазул цолъиялъул мисал.

 

 

ПалхIасил, нилъер республикаял­да халкъазул цолъиялъе сунца кумек гьабулебилан абураб суалалъе жа­ваблъун гьабизе бегьула:

  • Цониги миллаталда битIахъегояб бухьен гьечIеб, киналго халкъал цолъизарулеб Дагъистан абураб цIар букIиналъ.
  • Киналниги халкъазул вакил­забаз Дагъистан цогояб, жубараб гIуцIи хIисабалда къабул гьабулеб букIиналъ.
  • Республикаялда ругел батIи- батIиял диназда гьоркьоб гъваридаб цоцазда ричIчIи лъугьиналъ.
  • Халкъазда гьоркьоб хIалтIулеб, киназулго мурадал тIубалеб цо мацI букIиналъ.
  • Россиялъул Федерациялде гъорлъ киналго журан ратиялъ.
  • Киналниги халкъазул лъай, тар­бия кьеялъул иш цогояб букIиналъ.
  • Халкъазул гIадатал, хьвада- чIвади релълъараб букIиналъ.
  • Миллатазда гьоркьор журарал ригьнал рукIиналъ.