Маршал ШугIайпов

Болъихъ районалъул Шодрода росулъа КIудияб ВатIанияб рагъде ун вуго 55 чи. Гьездаса 33-яв абадиялъго кьалул майданал­да хутIана. Бергьенлъи босун тIадруссаразда гьоркьов вукIана АхIмаднаби ШугIайповги.

 

 

Дида мунагьал чураяв АхIмаднаби лъикI лъалаан. Болъихъ зонаялда «БагIараб байрахъ» газеталъул хасав мухбирлъун хIалтIулев дун араб гIасруялъул ункъоа­билел соназда гIемер дандчIвалаан А. ШугIайповгун. Гьес гьоболлъиги рагIизабун букIана дида. Щибаб базар къоялъ рагъулаб формагун – кительгун, галифе тIажугун, кенчIоледухъ цIик-цIикизарурал хурумалъ­ул чакмабигун, ботIрода гIантIикIа бухариги лъун, Болъихъе вачIунаан. Болъихъеги гьев киданиги машинаялда рекIун вачIунароан. ВачIунаан чодаги рекIун. КъамартIав, вакIа- вахарарав, рекIун чодагун гьев вачIунелъул киназго хIурматгун абулаан доле, маршал ШугIайповги вачIунев вугилан. Хасаб рокьи букIана гьесул чуяздехун.

 

«Дида лъай щваралдаса нижер рокъоб чу кидаго букIана», — ян абулаан гьес. Рагъдаса вуссаралдаса нахъе АхIмаднабиги рокъоб чу гьечIого чIечIо. Гьесул чуяздехун бугеб хIикматаб рокьиги бербалагьиги бихьун, дица гьесие сайгъат гьабун кечIгицин хъван букIана.

 

Чуял

Шодродоса АхIмаднаби ШугIайповасе, рагъул ветеранасе, гIорхъи гьечIого чуял хи­рияв инсанасе.

МугIрул урхъун руго чол хIихIиязухъ,

Чабхил нухахъ гьезул пунхъи дагьлъана.

Пикрабазулъ гуро, хIакъикъаталда

Элхъаби тIагIана тIадмагIарухъа.

ТIатинчIо щибго рекIкI, рекIкIал къарнабаз

Къисмат хIалуцараб нилъер халкъалъе,

ХаатIа кинабги ккун гьанже нилъеца

Гьезие къваридаб къотIараб хIукму.

Чол кьолонир гIуна магIарул васал,

Мунги дунги гьезул ирсилал гьечIищ,

Сабаб кинаб ккараб гьадигIан кьогIго

Кьалалги рехизе, чуял рихине.

Хилиплъи ШугIайпов, хилиплъи буго,

Хириял мугIрузе, дол умумузе,

Аралъ кIал гьикъизе гьечIонаниги,

БачIунелъе жаваб гьечIо гIелалъул.

ГIажаибаб асар, гIагараб асар

Сухъмахъалъ цо-цо гьел данде чIваралго,

Дидани намусалъ бажаруларо

Балагьизе чуяхъ. Дунги гIайибав.

МугIрул урхъун руго чол хIихIиязухъ…

Элхъаби тIагIана тIадмагIарухъа…

 

Шодродисез абулаан щибниги батIалъи гьечIин, инсуда нусго проценталъ релълъа­рав вугин АхIмаднаби. Гьесул эмен ШугIайп вукIун вуго сверухълъиялдаго цIар арав бахIарчияв чи, граждан рагъулъ жигараб гIахьаллъи гьабурав багIарав партизан. Цо нухалъ Чачаналдасан тIадвуссун къаси за­маналда ХарайчIи кIкIалахъан вачIунев ШугIайп хъачагъаз сверун ккола ва абу­ла чуги ярагъги кьеян. Гьесда чачаназул мацIги лъалеб букIун буго. ШугIайпица абула жиндир чу цIакъ биххараб жо бугин, гъотIода гьеб бухьине канлъигIаги гьабейи­лан. Канлъи гьабигун гьес абула гьал михъ­алги ругев бихьинчиясухъа чу ярагъ бахъи­зе кIвелиланищ нуж абун ва партIан гьезде таманча битIизабула. Гьав чи бахIарчияв ШугIайп вукIун вугин абун, хъачагъаз щиб­го квекIен гьабичIого нухда виччала.

 

…1939 соналда анцIила анкьго сон ба­рав чи Болъихъ анцIго классги лъугIизабун АхIмаднаби гIарзаги кьун БагIараб Армиял­де хъулухъ гьабизе ана. 1939 соналъул ноя­бралдаса 1940 соналъул марталде щвезегIан букIараб финазулгун советияб рагъда гIахьаллъана.

 

 

1941 соналъул 22 июналда рогьалилъ Польшаялъул гIорхъиги бахун фашистал Со­вет Союзалде тIаде кIанцIидал тушманасде данде рагъаразул цоял рукIана АхIмаднаби ШугIайповас хъулухъ гьабулеб гIорхъаби цIунулезул заставаялъул рагъухъаби. Гьес гIахьаллъи гьабуна Ленинград ва областа- лъул шагьарал ва росаби эркен гьариялъул рагъазулъ. А. ШугIайпов ккола Ленингра­далъул блокадаялъул гIахьалчиги. Гьел ра- гъазулъ бихьизабураб бахIарчилъиялъухъ гьесие кьуна «За отвагу» медаль.

 

Эстониялъул тахшагьар Талин эркен гьабулаго гьенибе жанибе гьужум гьабун тIоцебе шагьаралде жанибе лъугьаразул цояб букIана танкалъул командир-старши­на АхIмаднабил экипаж. Гьеб гьунаралъ­ухъ танкалъул экипаж мустахIикълъана «БагIараб цIва» орденалъе ва кIиабилеб нухалдаги АхIмаднаби отпускалъ гIагараб росулъе виччана. Халатаб букIана гьесул рагъулаб хъулухъги, рагъулал нухалги. Гьев чанго нухалда лъукъана, ругънал сахлъараб­го фронталде тIадвуссунаан.

 

 

1945 соналда Москваялда БагIараб майда­налда тIобитIараб Бергьенлъиялъул парадал­да гIахьаллъи гьабизеги мустахIикълъана гьев. АнкьгогIан соналъ БагIараб Армиялда­ги, рагъдаги гIахьаллъи гьабун каранда орде­налгун ва медалалгун ракълилаб гIумруялде гIагараб росулъе тIадвуссана гьев.

 

Росулъги гьев паракъат чIечIо. ХIалтIана клубалъул директорлъун, библиотекарьлъун, учительлъун, парторглъун, росдал советалъ­ул председательлъун. Кив хIалтIулев вуго­ниги гьев вукIана тIадаб иш ракIбацIадго тIубалев, Жавабчилъи бугев, мухIканав, гIадлу-тадбир бугев инсан. Гьелъин гIагараб росулъги, районалдаги гьев къадру-къима­талдаги вукIарав.

 

 

Советияб пачалихъ биххи захIмалъана СССРалъул гIемерисеб халкъалда. Гьеб цIакъго бакIлъана гуллида данде керенги бу­синабун, метер букIинесеб лъаларого ракъ­унги къечонги фашизмалда данде рагъулел рукIарал рагъул ветераназда.

 

«СССР биххун бихьизегIан, дунго хвезе бокьизе букIана» — ян ракI унтун абулаан АхIмаднабица.

 

1996 соналда цинтIаго унтиги речIчIун къадаралде щвана гьев сахав бихьинчи мар­шал ШугIайпов.